Разработка урока по аварской литературе на тему: Волк, лиса, медведь

Дарс : Бац1ги , церги , циги. Дарсил мурад:        1. Лъималазул калам цебет1езабила, араб дарсил х1асил гьабила. 2.  Маргьаялъул х1акъалъулък1удияб к1вар кьела ва каламцебет1езабила. 3.  Жалго-жидедаго ч1унц1ализе т1амила киналголъимал дарсида х1алт1изегьарила. Дарсил алатал: указка, т1ехь, словарикал, г1алхул х1айванал ва рукъалъул     х1айванал рахъарал суратал, хъаба, гамач1, хадиро. Дарсил план: 1.    Лъимал дарсиде х1адур гьари. 2.    Араб даре гьикъила. 3.    Ц1ияб дарсил цебераг1и. 4.   ...
Раздел Математика
Класс -
Тип Конспекты
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Нет
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

Открытый урок

По родной литературе (аварского языка)

На тему:



«Волк, лиса, медведь»





Дарс : Бац1ги , церги , циги.

Дарсил мурад: 1. Лъималазул калам цебет1езабила,

араб дарсил х1асил гьабила.

  1. Маргьаялъул х1акъалъулъ
    к1удияб к1вар кьела ва калам
    цебет1езабила.

  2. Жалго-жидедаго ч1ун
    ц1ализе т1амила киналго
    лъимал дарсида х1алт1изе
    гьарила.

Дарсил алатал: указка, т1ехь, словарикал, г1алхул х1айванал ва рукъалъул х1айванал рахъарал суратал, хъаба, гамач1, хадиро.

Дарсил план:

  1. Лъимал дарсиде х1адур гьари.

  2. Араб даре гьикъила.

  3. Ц1ияб дарсил цебераг1и.

  4. Словарияб х1алт1и.

  5. Физминутка.

  6. Ц1ияб даре.

  7. Учителасул ц1али.

  8. Лъималазул ц1али.

9. Дарсил х1асил.
10. Къиматал лъела.



Дарсил ин:

1. Лъимал дарсиде х1адур гьари.

Лъимал г1одорч1езе гьарила ва дарсиде х1адуризе т1амила.

- Жакъа нужое даре кьезе буго дица, дада ц1ар буго Алжанат Х1ажиевна.

2. Араб дарс гьикъила.

- Лъимал нужеца араб дарсида сундул х1акъалъулъ бицунеб бук1араб?

( кицаби ва бицанк1аби)

- Лъицаха бицинеб щиб кколеб кици?

( кици гьеб кола абиял)

- Лъимал, кицабаздаса г1адамазе щиб пайда бугеб?

( гьел руго цере заманалда рук1арал ч1ах1иял г1адамаца ургъарал абиял)

- Щиб гьелъ нилъеда малъулеб?

(г1акълу малъула)

- Лъимал гъол ч1ах1иял г1адамазда г1умруги бихьун нилъее кицабалдалъун
г1акълу малъулеб буго.

Масала: «Гьит1инго бихьараб ц1али ганч1ида бик1араб накъищ».

Гьаб кицаялда абулеб буго лъимал цере заманалда г1адамаца гамч1ида хъвараб жо гьанжелъезег1анги г1умруялъги гамч1ида хут1улила. Гьединлъидал гьит1инго щвараб лъай буго гамч1ида бик1араб накъищ.

  • Накъищ кола лъимал хъвай-хъваг1ай (бихьизабила сураталда).

  • Лъик1 буго лъимал, нужода киназдаго лъалеб буго щиб кколеб кици.

  • Гьанже щибха кколеб бицанк1о?

Цо гьадинаб х1ай гьабила нилъеца.

Класс бикьила к1иго командаялде.

Дица ц1алила бицанк1о, жаваб бицине квер борхе.

Бит1араб жаваб кьуразе дица сайгъат кьела, гьеб кола гьадинаб берцинаб ц1ва.

Ахиралда балагьила кинаб командаялъ г1емерал ц1ваби ругел.

Гьел рук1ине руго бергьараллъун.

Киналго г1инт1аме дихъ.

1. Гьаракь к1удияб к1их1ат1илаб саг1ат?

Х1елеко.

2. К1иго гьакида гьоркьоб
Кьилиги ч1ван рек1унеб
Рек1арасул х1ат1аца
Х1алт1улеб жо щиб кколеб?

Х1ат1илмашина.

3. Билъинч1ого, бет1ич1ого Ч1аго квине кеп бук1унеб, Бец1аб ракьулъ кьаралъулеб, Кьер баг1араб баркаман?

Ламадор.

4. Жаниб гьава Буг1иялъ Бихъиледухъ понц1ураб,

Бух1изелъун гьабураб Гьаб басанк1о щиб кколеб?

Сурат.

5. Падалъ инсанги к1усун, Ургьиб жужах1ги боркьун, Щиб унеб космосалде Кутакаб хехлъиялда?

Ракета.

6. Бет1ер катил, Керен х1анч!ил, Х1ули г1ансил Пинда ц1одор.

Руз.

Лъик1 буго лъимал, киналго ц1акъ лъик1 х1алт1ана, амма 2-леб командаялъе г1емер щвана сайгъат.

3. Щияб дарсил цебераг1и.

- Лъимал нужеда лъана бат1и-бат1иял кицабиги ва бицанк1аби, амма жеги
нилъеда г1умру гьабизе ва г1акълу гьабизе малъулел руго маргьаби.
Гьелги нужее ц1акъ рокьулел ратила.

-Лъицаха дида бицинеб щиб кколеб маргьа? (гьеб кола сказка)

- Киналго г1енекке дихъ маргьа лъимал ургъараб жо буго нилъ ва нилъер
эбел-эмен рук1иналда цере заманалда рук1арал г1адамаз.

Гъоб заманалда бук1инч1о лъимал гьанжег1адин бат1и-бат1иял игрушкаби

гьединлидал лъимал гъоз ургъулел рук1ана кицаби, абиял, бицанк1аби ва

маргьа.

Маргьаялде гьорлъе ккола лъимал гара-ч1вари хабар, г1адамазул ва бат1и-

бат1иял рухМаголъиялъул х1акъалъулъ бук1уна. Гьединан цоцазде щущан

хут1ана гьанжелъезег1ан.

Гьедин баккараб бук1ана лъимал маргьа.

  • Нужеда лъала лъимал щиб кколеб маргьа.

  • Лъидаха лъалел рух1ч1аголъиялъул х1акъалъулъ маргьаби?

(меседил ччуг1а, ц1ц1ани ва буртГал)

Лъик1 буго лъимал ц1акъ г1емер жо рак1алда буго нужода. Жегиха лъимал нужеда лъаларел г1емер маргьаби руго. Гьединлъидал киналго балагье доскаялде гьенир руго г1емер т1ахьал гьазда хъван руго маргьаби ва суратал рихьизарила. Т1ахъазул х1акъалъулъ бицина. Хириял лъимал, лъица бицинеб кина-кинал г1алхул х1айванал нужеда лъалел?

Доскаялда жура-гъуран ч1ван рук1ина суратал г1алхулги, рукъалъулги лъималаз рат1а гьаризе ккола.

4. Щияб даре.

- Жакъа лъимал нилъ рилъине руго маргьабазул улкаялде.
-Нужода кин бичМулеб улка абураб раг1и? (улка-страна)

5. Словарияб х1алт1и.

- Гьанже г1инт1аме

« Бац1ги, церги, циги» абураб маргьаялъухъ.

- Лъимал гьеб маргьаялда руго нужода ричМизе зах1матал раг1аби.

Хъаба- кувшин старинный, (бицина хъабил х1акъалъулъ)

Гьеб ккола лъимал гьоб заманалъ нилъер к1удиэбелалъ лъеде босулеб.

-Лъица бихьизабилеб кин гьеб кквелеб?

Лълъилъарулел- ролъ бецулеб жо.

  • Лъида бихьараб гьадинаб хадиро?

  • Кинаб х1алт1и гьебгун гьабулеб? (хер бецула)

Лъик1 буго лъимал, киналго х1алт1улел руго.

5. Физминутка.

К1анц1е, к1анц1е, дир к1анц1ур, Дунги цадахъ к1анц1ила, Тире,тире дир торг1о, Дунги цадахъ тирила.

6. Щияб дарс.

Доскаялда бугеб цДияб дарсил сураталъул бицина. Улкаялде рилъина.

7. Учителасул ц1али.

Нилъеца гьадинаб х1алт1и гьабизе буго лъимал. Лъие бокьун бугеб церлъун бук1ине, цилъун, бац1лъун.

Дица суалияб предложение ц1алила нужехъ рук1ине руго карточкаби жавабал хъварал раг1абигун. Дица суал ц1алила нужеца жаваб ц1алила.

8. Лъималазул ц1али.

Г1едег1ич1ого гьалат1 биччач1ого, берцинго ц1алила учителас хал гьабила,

гъалат1ал рит1изарила.

-Лъимал нужее маргьа бокьанищ?

  • Сундул х1акъалъулъ бугеб маргьа?

  • Цараца бац1ги циги кин гуккарал лъица бицинеб?

9. Дарсил х1асил.

  • Лъимал, лъица бицинеб царал х1илла ургьараб маргьа нужеда лъалеб?

  • Лъимал царал г1амал г1адамазда релълъинаризе бегьилищ?

  • Рук1унищ г1адамал царада релъарал?

  • Цо-цо г1адамалги рук1уна царал сих1ирлъи бугел.

10. Рокъобе х1алт1и. (къиматал лъела)



© 2010-2022