Г1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс-маргьа

Раздел Начальные классы
Класс -
Тип Конспекты
Автор
Дата
Формат doc
Изображения Есть
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

Г1адатияб гуреб рагьараб дарсил план

Дарс- маргьа

Дарсил тема: Предметияб ц1ар.

Дарсил мурад: Предметияб ц1аралъул грамматикиял г1аламатал такрар

гьари.

К1алзул гьунар пасих1 гьаби.

Дарсил ин:

Нилъ жакъа рилъина сапаралъ цо улкаялде (ханасул к1алг1аялъул сурат доскаялда цебе ч1вала), гьеб улкаялъул хан буго «Предметияб ц1ар».

Рач1а сапар бухьине.

Нухда нилъеда ратила гъваридал к1алал,к1удиял кьураби ва бат1и-бат1ял рух1ч1аголъаби.

1.Т1оцебесеб нухда батараб к1алахъа цере инее ккани гьаб суалалъе жаваб кьезе кола:

- Сунда абулеб предметияб ц1арилан?

2.К1иабилеб гъваридаб к1алахъа цере рорч1изе ккани гьал раг1абазул разбор гьабизе кола:

Г1урччинлъи, т1угьдул (г1урччин-кьибил, лъи-суффикс. Т1угь-кьибил, дул- суффикс)

Кинал рук1унел цоги г1емерлъул форма лъугьине х1алт1изарулел суффиксал?

-дул, -лъи, -би, -ас ва гь.ц

3.Цебе бахъила сурат (сураталда т1ад 19 гъвет1, гьезда гьоркьоб 4 пихъил, 15 пихъ кьолареб).

Гьаб сураталда щиб бихьулеб нужеда лъимал?

Гьеб сурат авар мац1алда сунда релъинабизе бегьулеб? Ургъе кинабниги 19 щиб бугеб авар мац1алда, ва гьезда гьоркьоб бат1ияб, 15 бат1ияб?

(19 падеж,4 г1адатаб, 15 бак1алъул).

4.Ц1алдохъаби доскаялде рахъина ва щуго падеж хъвала:

Аслияб падеж

Актив падеж

Хаслъул падеж

Кьовул падеж

Жинда падеж

Хадуб «Ват1ан» ва «эбел» абурал раг1аби падежазде сверизарун хъвала.

Щайдай дица гьал раг1аби росарал?

Эбел ва Ват1ан абидал щиб нужеда бич1удеб?

5.Гьанже щвана нилъ ханасул улкаялда аск1оре, амма анлъго бет1ер бугеб г1аздагьо буго цебе нилъее нух къан ч1ун.

Гьеб нахъе инее ккани бицине кколеб буго хасал ц1арал ва г1аммал ц1арал кинал рук1унелали.

Халатаб сапар ахиралде щолеб буго, гьале нилъ ханасул к1алг1аялда цере,нуц1а рахан буго.

Гьелъул нуц1ил к1ул батизе буго рокъобе кьураб х1алт1и бит1ун гьабурасда.

Рокъобе х1алт1и: Щиб? Щив? Щий? Щал? абурал суалазе жаваблъун рач1унел предметиял ц1арал жанир ругел микьго предложение ургъун,хъван босе, ункъго хасаб ц1ар жаниб бугеб ва ункъго г1аммаб ц1ар жаниб бугеб.

Хадуб т1адеяб дарсида нилъеда лъала к1алг1аялъул к1ул батаравги батич1евги ц1алдохъан.

Г1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьаГ1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьаГ1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьаГ1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьа

Г1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьаГ1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьаГ1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьа

«Предметияб ц1ар» ханасул к1алг1а. Г1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьа

Гьумер 4

© 2010-2022