Экзаменационная тестовая работа по аварскому языку 9 класс

Экзаменационная тестовая работа по родному языку 9 класс. 1.      Жубараб сок1к1араб предложение бихьизабе? А). Салимица, цо ишан гьабун, киналго жиндаго аск1оре рак1арана. Б). Салимица цо ишан гьабуна, ва киналго гьесда аск1оре рак1арана. В). Парихан т1урк1ун йорч1ана ва рахъ-рахъалде ялагьана. Г). Т1урк1ун йорч1арайго, парихан рахъ-рахъалде ялагьана.   2.      Кина-кинал цолъизариялъул союзал х1алт1изарулел журарал сок1к1арал предложениязулъ? А). Амма, кинниги Б). Я, яги, ялъуни В). Ва, ги, ци...
Раздел Классному руководителю
Класс 9 класс
Тип Тесты
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Нет
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

Асадулаева А.К. МКОУ Кудутлинская СОШ

Экзаменационная тестовая работа по родному языку 9 класс.

  1. Жубараб сок1к1араб предложение бихьизабе?

А). Салимица, цо ишан гьабун, киналго жиндаго аск1оре рак1арана.

Б). Салимица цо ишан гьабуна, ва киналго гьесда аск1оре рак1арана.

В). Парихан т1урк1ун йорч1ана ва рахъ-рахъалде ялагьана.

Г). Т1урк1ун йорч1арайго, парихан рахъ-рахъалде ялагьана.



  1. Кина-кинал цолъизариялъул союзал х1алт1изарулел журарал сок1к1арал предложениязулъ?

А). Амма, кинниги

Б). Я, яги, ялъуни

В). Ва, ги, цинги, жеги

Г). Лъаларо



  1. Иш цого заманалда лъугьунеб бук1ин бич1ч1изабулеб союз гьеч1еб жубараб предложение бате?

А). Г1азу бана, лъимал хъешт1езе анна.

Б). Зодисан ц1ум паркъана - г1анк1уял риххун ана.

В). Эмен хьон хьалев вуго, вас векьарулев вуго.

Г). Мух1ума Г1алихъе - Г1али гванзухъе.



  1. Союз гьеч1еб жубараб предложениялъулъ запятая кида лъолеб?

А). Интонациялъул бак1алда дандеккунгут1иялъул союзал (амма, кинниги) лъезе бегьулел ругони.

Б). Г1адатал предложенияз хехаб хиса-баси бич1ч1изабулеб бугони.

В). Гьоркьоса рахъиялъул союзал лъезе бегьулел ругони.

Г). Цолъиялъул союзал (ва, -ги,) лъезе бегьулел ругони.



  1. Гьаб предложениялда жаниб лъалхъул ишара бит1ун лъураб т1аса бище?

А). Сидратида щибго бихьулеб бук1инч1о, ц1акъ бец1аб сордо бук1ана.

Б). Сидратида щибго бихьулеб бук1инч1о - ц1акъ бец1аб сордо бук1ана.

В). Сидратида щибго бихьулеб бук1инч1о: ц1акъ бец1аб сордо бук1ана.

Г). Сидратида щибго бихьулеб бук1инч1о; ц1акъ бец1аб сордо бук1ана.



  1. Союз гьеч1еб, жубараб предложениялъулъ лъалхъул ишара бит1ун лъураб бате?

А). Дуца бикъила, мун вакъила.

Б). Дуца бикъила: мун вакъила.

В). Дуца бикъила - мун вакъила.

Г). Дуца бикъила; мун вакъила.



  1. Щиблъун т1аджубараб предложение бугеб гьаб жубараб предложениялъулъ?

Г1ет1ул къали бец1ц1ич1ес бакъул кеп босуларо.

А).Определениелъун

Б). Дор олнениелъун

В). Х1аллъун

Г). Подлежащеелъун



  1. Мац1алъул х1акъалъулъ г1елмуялъул кинал бут1аби грамматикаялъ жанире рачунел?

А). Фонетика

Б). Лексика

В). Раг1и лъугьин

Г). Морфологияги синтаксисги



  1. Хит1аб бихьизабе?

А). Квариде вахана, Камалил Башир.

Б). Вахунге квариде, Камалил Башир!

В). Лъица, бабал, мун къварид гьавурав?

Г). Иях1 ле! Ясалгийищ арал Африкаялде?!



  1. Цадахълъелал кида рат1алъизарулел?

А). Прилагательноязда цадахъ ругони

Б). Суалиял ц1арубак1азде руссарал ругони

В. Хасал ц1аразда хадур ккаралги, гьумералъул ц1арубак1азде руссаралги, г1аммал ц1аразде руссарал т1ирит1аралги

Г). Хасал ва г1аммал ц1аразда цере карал



  1. Хъвалсараб калам бихьизабе?

А). Исана Аслан Америкаялде инехъин раг1ула

Б). Расулица бицана т1адеялъул Аслан Америкаялде инехъин раг1улилан

В). Мусаца абулеб бугоан жив курорталде инее вугилан

Г). Исана Муса курорталде унев вуго



  1. Цитатиял частицаби рихьизаре?

А). -ги, -я, -го

Б). -х1а, -цин, -гун

В). -ан, -ян, -йилан

Г). -хун, -лъун, -г1аги



  1. Кинал х1алал рат1алъизарулел?

А). Г1илла-мурад бихьизабулел х1алал

Б). Сказуемоялда хадур ккарал

В). Деепричастияб сверелги х1алал мух1кан гьарулел раг1абиги

Г). Лъаларо



  1. Хадурег1елазда гъоркь х1учч ц1ай?

А). Цебе ана

Б). Рукъалда цебе

В). Рукъалда сверухъ

Г). Сверухъ нак1к1 лъуна



  1. Наречие бихьизабе?

А). Мокъокъ

Б). Ресукъ

В). Мукъулукъ

Г). Рукъ



Фамилия _____________________________________

Имя ____________________________

Отчество ________________________________________



© 2010-2022