Игра-викторина Друзья аварского языка и литературы

Раздел Другое
Класс -
Тип Другие методич. материалы
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Нет
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

Игра - викторина «Авар мацIалъул ва адабияталъул гьудулзаби».

Школалъул цIалдохъабаздаса гIуцIула кIиго команда. Щибаб командаялда вукIине ккола анкь-анкь цIалдохъан - гьелги жиб-жиб классалдаса(5,6,7,8,9,10,11) цо-цо цIалдохъан.

Кьураб суалалъе командаялъ жаваб кьуни, гьелъие 3(лъабго) балл щола, болельщиказ кумек гьабун жаваб кьуни, 2 (кIиго) балл щола; гьездаги лъачIого, дандияб командаялъ жаваб кьуни, жаваб кьураб командаялъе 1(цо )балл щола. Викторина байбихьила данде ракIарун ругезде хитIабалдалъун.

Хириял цIалдохъаби ва мугIалимал, играялда гIахьаллъулел ва жюриялъул членал!

Жакъа нилъ данделъун руго авар мацI кодо гьабун данделъулеб байрамалда. Жакъа нилъер бищун лъикIаздаса лъикIаз бихьизабизе буго жидерго пагьму, гьунар, цIалуде бугеб гъира ва гIагараб магIарул мацIалде бугеб рокьи. Нужеда киназдаго ракIалде щвезабизе бокьун буго нилъер ХIамзатил Расулил рагIаби:

Лъаларо , МухIамад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун.

Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?

Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз

Чидар мацI бицунеб жидерго гъастIа?!

МацI гьечIони, гьечIо гIадан. МацI гьечони, гьечIо халкъ. ЦIуне нилъер бищун кIудияб хазина- авар мацI.

(Цинги жиб-жиб командаялъул гIахьалчагазул цIарал рехсела ва играялде байбихьила).

1 тур . Игра «Синтаксис- дир гьудул».

1 команда .

1)Сунда абулеб рагIабазул дандрай? Мисал баче.

2)Абиялъул мурадалде балагьун, кинаб предложение гьаб кколеб ва кинаб лъалхъул ишара лъезе кколеб ахиралда: Дуцайищ бикъараб гьаб бакъул канлъи_

3)Гьаб предложение, гIурус мацалде буссинабун, хъвай: ХIули гIадаб гIазуца рахчизарун руго гъутIбузул гIаркьалаби.

2 команда.

1)Предложение сунда абулеб? Мисал баче.

2)Абиялъул мурадалде балагьун, кинаб предложение гьаб кколеб ва кинаб лъалхъул ишара лъезе кколеб ахиралда: Дуца гьудуллъун ккве квер гIатIидаб техь__

3)Гьаб предложение гIурус мацIалде буссинабун хъвай: Ци рахIаталда жиндирго рукIниб кьижун буго.

2 тур.Викторина «Тарихазул дунялалда.

1 команда.

1)Гьаб тарих рагIабаздалъун хъвай ва абе : 12376.

2)Цо тIаде рехани, цоги лъабго нолги лъугьунеб рикIкIен щиб? Гьеб тарихаздалъун хъвай.

3)Тукадаса босараб курткаялъухъ кьезе кколеб буго 19 гъурущ. Нужехъ буго лъаб-лъаб гъурщил гIарац, кассиралъухъ щу-щу гъурщил. Кин кьелеб курткаялъухъ гIарац?

2 команда.

1)Гьаб тарих рагIабаздалъун хъвай ва абе:23459

2)Лъабрекъараб тарихалдаса кIирекъараб тарих бахъигун гъоркь хутIулеб буго цо. Тарихаздалъун хъвай.

3)ХIажихъ букана 60 цIулакьо. Гьелъул ункъил бутIаниги жиндие кьеян гьарана Мусаца. «Гьудуласе кьолеб жоялда дун барахщуларо. Ма,босе дир бащалъиялъул бащадаб» . Мусаца чан гьарараб, ХIажица кигIан кьураб?

3 тур. «Бищун хехал ва цодорал» .

Гьаб туралда жаваб лъалез квер борхизе буго. Бищун цебе квер борхараз жаваб кьола. Суалал руго авар адабияталда хурхарал.

  1. Кинаб асаралдаса босараб буго гьаб куплет:

ГIагардасан йилълъун , нухги батичIо .

РикIкIадасан йилълъун, гъоркье йилълъиндал,

Маргъалул черхалда чакаралъул гьан

Чапун унеб буго кьурса гIодобе.

2).»Бецаб сапар» абураб маргьа хъварав авторасул цIар бице:

А)Асадула МухIамаев,

Б)Заирбег ГIалиханов,

В)ЦIадаса ХIамзат,

Г) гьеб буго халкъияб маргьа.

3).Яс хъамунилан Сибиралде 3 сонги къотIун, витIарав лъарагIазул шагIир?

4).Гьаб асаралъул цIарги авторги бице:

-Хурул рагIалде щун, хIисаб гьабидал,

ГьещтIелев ватана тату хварав чи.

Тира-сверун лъугьун,лъикI балагьидал,

ГьечIоан тараб жо тушманалъ нахъе..

5).ЦIумада районалдаса машгьурав хъвадарухъан (поэтесса)?

6).Лъица хъван «Дир Дагъистан» абураб тIехь?

7)»Хочбар» абураб кочIолъ гьал рагIаби лъица абурал?

-Авар гIурухъ гIин бан, гIодоб биччараб

ГIанчаб нилъер улка эркенго теян.

ГIурул чвахиялда рохел чучараб

Рохалил жамагIат жахIабго теян.

8) Нужер районалъул газеталда цIар щиб?

9)Гьелъул бетIерав редактор щив?

10)Нужер миллияб газеталда цIар щиб?

11)Гьелъул бетIерав редакторасда цIар щиб?

12)Лъил цIар буго лъун Авар театралда?

4 тур. «Академия».

1 команда

  1. Къиматаб хирияб металл буго дун,

Берцинай ясалъул цIар лъугьуна дир

Босун дуца «О» хIарп тIаде жубани.

  1. РагIаби гIуцизе:

…ер, ...ер, …ер, …ер, …ер, …ер, …ер, …ер.

2 команда

  1. Ниж руго омонимал,

Ратизе цIакъ бигьаял,

ЛъагIелалъул-синоним,

Метералъул-антоним.

  1. …ор, …ор, …ор, …ор, …ор, …ор,…ор, …ор.

5 тур «РагIабаздаса рагIаби лъугьинари».

1 команда

ХЬАБАЛУХЪГУЧI (бал,бахъухъ…

2 команда

САЛИХIАТ (Сали,талихI…

ХIасил бачин ва бергьаразе сайгъатал кьей.

-Хириял гьудулзаби! МагIарулаз абула: дир наслуялда эбалалъул мацI кIочараб къо бачIунгеги. МацI -гьеб ккола халкъалъул рухIияб бечелъи. ЦIуне гIагараб магIарул мацI.

Нилъер гьаб данделъи лъугIизабизе бокьун буго цIалдохъабаз ахIулеб кIочодалъун. РагIаби М.ГIумаровасул бакъан халкъияб:

  1. Дир умумуз бицараб, улбуцаги бицунеб,

Урхъула духъ ,авар мацI. Малъе, эбел, авар мацI.

ГъазимухIамад,ХIамзат, хIикматав Шамиль имам

Аваралъ кIалъалаан, малъе , эбел, авар мацI.



© 2010-2022