Тестал Фазу Г1алиева Кини

Раздел Другое
Класс 9 класс
Тип Тесты
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Нет
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:
  1. «Кини» абураб хабар лъица хъвараб?

А)Багъатар Х1.

Б)Машидат Гъ.

В)Фазу Г1.



  1. «Кини» абураб асаралъул аслияб тема ккола:

А)Ват1ан хиралъи,бокьи

Б)Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1акъиллъи

В)Рагъул кьог1лъи



  1. «Кини» абураб хабаралъул аслияй геройлъун щий кколей?

А)Фазу

Б)Меседу

В)Халун



  1. «Кини» абураб асаралъулъ ясал хьвадулел рук1араб бак1

А)Маг1арде

Б)Бец1х1орихъе

В)Т1алъаг1арир



  1. Меседул абурав васасда ц1ар щиб бук1араб?

А)Т1айгиб

Б)Г1усман

В)Закари

6.Щиб босизе Халун базаралде ун йик1арай?

А)Ханжу

Б)Кини

В)Свенек

7.Кинаб рагъулъ ч1варав Закари?

А)Граждан рагъулъ

Б)К1удияб Ват1анияб рагъулъ

В)Г1урусазулгин япониязул рагъулъ

8. Закари кив вукъун вугин кагъат бач1араб?

А)Севастополь

Б)Украина

В)Калуга

9.Меседо лъица ячарай ахиралда?

А)Г1алибегица

Б)Т1айгибица

В)Т1алх1атица

10. «Манарша» абураб асар ккола:

А)Хабар

Б)Проза

В)Къиса

11.Лъица хъвараб «Манарша» абураб асар?

А)Г1.Хачаловас

Б)М.Мух1амадовас

В)Г1. Расуловас

12. «Манарша» абураб асаралъулъ лъугьа-бахъин щиб росулъ унеб бугеб?

А)Къах1иб

Б)Гьоц1алъ

В)Бакъдаб

13.Х1айдарил к1одода ц1ар щиб?

А)Г1ашура

Б)Аминат

В)Марям

14.Щиб х1алт1и-пишаялъул чи вук1арав Х1айдар? («Манарша»)

А)Председатель

Б)Вехь

В)Секретарь

15.Лъаралъе карачелаз бачун унеб бук1араб Х1айдарил х1айваналда ц1ар

А)Лълъарберцин

Б)Булбул

В)Азархана

16.Х1айдарица Манаршада щибин абулеб бук1араб?

А)Бакъан берцинаб мокъокъ

Б)К1их1ат1илаб рит1уч1

В)Бералберцин

17.Манарша т1урун унаго щиб гьелъул гъоркь хут1араб?

А)Хьит

Б)Бет1ералда бухьун бук1араб квербац1ц1

В)Таргьа

18.Манаршал инсуда ц1ар щиб бук1араб?

А)Г1иса

Б)Ах1мад

В)Сулейман

19.Эбелалда ц1ар щиб бук1араб?

А)Гулишат

Б)Гулжагьан

В)Х1афизат

20.Ясалдаса вохарав инсуца Манаршада кинал раг1аби абулел рук1арал?

А) Мах1 берцинаб т1егь

Б) Дадал хух, дадал кьег1ер

В) Дир г1амал берцин

21.Чан сон бук1араб Манаршал эмен хвараб мехалъ?

А) 5 сон

Б) 2 сон

В) 8 сон

22.Манаршал учительницаялда ц1ар

А) Мария Григоревна

Б) Мария Антоновна

В) Вера Василевна

23.Манаршал гьудулалда ц!ар
а)Хадижат
б)Нафисат

В)Пат!имат

24.Фермаялда ясазе малъа-хъвай гьабулей йик1арай г1аданалда ц1ар

А)Каримат

Б)Хасипат

В)Катурай

25. -Жигар гьабея, ясал! Хех гьабея, мусудул! Азбарал рац1ц1ад гьаре,ручнал

ц1вакизаре! Гьумер к1ал чуре,черхалда рет1ел бит1а-бишизабе!

Гьал лъил раг1аби кколел?

А) Х1айдарил

Б) Катураялъул

В) Мурадил

26. Гьал лъил раг1аби кколел?

-Кийха гъой дояркабазул командиргун къацандулей меседо йигей?

А)Сайгитил

Б)Фотографасул

В)Мурадил

27. Лъица харилъ рук1к1ен рехун бук1араб?

А)Асиятица

Б) Пат1иматица

В) Аминатица

28.Гьал лъил раг1аби кколел?

-Щиб пакъир, Азархана, ц1акъгойищ мун унтун бугеб?...

А)Катуралъ

Б)Манаршаца

В)Х1айдарица

29. «Хазина» абураб асаралъул автор щив?

А)Г1умарх1ажи Шахтаманов

Б)Мух1амад Ах1мадов

В)Г1арип Расулов

30. «Хазина» абураб асар ккола:

А) Къиса

Б) Хабар

В) Проза

31. «Хазина» абураб асаралъулъ аслияв герой ккола:

А)Х1асан Ибрагьимович

Б)Х1амит-бей

В)Г1абас Ибрагьимович

32. Х1ухьбахъи гьабизе Г!абас И. киве щварав?

А)Воронежалда

Б)Стамбулалда

В)Геленджикалда

33. Г1.И. щиб г1емер рак1алде щолеб бук1араб?

А) Ват1ан

Б) Школа

В) Рагъ

34.Музеялда жиндирго суратал рихьараб мехалъ Г1абасие щиб абун ах1дезе

бокьун бук1араб?

А)Вай,бет1ергьан Аллагь!

Б)Сабур,цойги нухалъ сабур…

В)Дир махщел!...

35.Г1абасил анищ кинаб бук1араб рагъ байбихьилелде

А)Художниклъун вахъине

Б)Ц1улал устарлъун вахъине

В)Шоферлъун вахъине

36.Кив х1алт1улев чи вук1арав Х1амит-бей?

А)Клубалда

Б)Музеялда

В)Школалда







37.Г1абасил суратал лъихъе щун рук1арал

А) Х1амит-бей

Б) Султан-паша

В) Х1усен-бей

38.Х1амит-бейил унго-унгояб ц1ар

А)Ганс

Б) Шмитт

В)Альберт Круп

39. «Саба-Меседо» лъица хъвараб?

А) Г1абасил М.

Б) Ц1адаса Х1.

В) Г1абдулмажид Х.

40.Г1абасил М. чанабилеб соналъ гьавурав?

А)1932 с.

Б) 1977с.

В) 1941 с.

41.Щиб росулъа кколев Г1абасил М.?

А) Лъондода

Б) Лъаг1илухъ

В) Гиничукь





© 2010-2022