Книга архаизмов аварского языка

1.1.       Абараз вук1а - Г1одов ч1ун вук1а   2.       Аг I - х1ехь   3.       Аг1азаналлагь - Аллагьас ц1унаги   4.       Аг1ел -нуси речулеб къайи   5.       Агь - къуват, кутак   6.       Азайни -цебе таргъуялда гьедин абулаан   7.       Азин - ц1алакълъи, т1еренлъи   8.       Айгъурав - макруяв, сих1ирав   9.       Аланус - сус, месед   10.   Алапа – харж   11.   Алхин - гьоркьоб ин   12.   Аман - гурх1ел   13.   Ас - къадру-кьимат   14.   Ассалда- Къадруялда   15.   Атен (нусидал)-г1одобе ...
Раздел Другое
Класс -
Тип Другие методич. материалы
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Есть
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:
Книга архаизмов аварского языка

  1. Абараз вук1а - Г1одов ч1ун вук1а

  2. Аг I - х1ехь

  3. Аг1азаналлагь - Аллагьас ц1унаги

  4. Аг1ел -нуси речулеб къайи

  5. Агь - къуват, кутак

  6. Азайни -цебе таргъуялда гьедин абулаан

  7. Азин - ц1алакълъи, т1еренлъи

  8. Айгъурав - макруяв, сих1ирав

  9. Аланус - сус, месед

  10. Алапа - харж

  11. Алхин - гьоркьоб ин

  12. Аман - гурх1ел

  13. Ас - къадру-кьимат

  14. Ассалда- Къадруялда

  15. Атен (нусидал)-г1одобе цураб мехалъ кунал хисхисун ккезе гьоркьоб бараб кун

  16. Ахтаяб - бахъараб, бухараб, бихьинлъиялъул къуват хвезабураб

  17. Ачихълъи - роц1ин, якъинлъи, баянлъи

  18. Ачу - ццин, гьалаглъи

  19. Ашбаз -Кваналеб бак1

  20. Аят - Къуръаналъул цо маг1наяб калима, предложение

  21. Бавасур - геморой унти

  22. Баг1аргьин - баг1арлъи, баг1араб кьер рехи Баг1арик1 - жулам

  23. Баг1аргьина -расуда бил лъезе бук1араб хина

  24. Баг1ачал - нак1к1игъот1ол къуч1би

  25. Багьаб - цо лъаг1араб

  26. Багьаб -2сон бараб

  27. Багьаб куй - 3 сон бараб

  28. Багьалаб - т1асан ккараб, к1арчанаб

  29. Бадако - х1айваналъул ургьимесалъул цо бут1а

  30. Базман - ц1адираби

  31. Балавуз - чирахъ, х1едул чирахъ

  32. Балики - батизе бегьула

  33. Балъ - хурир рухъарилаго эхеде бачунеб манзил

  34. Баси -к1иго сон бараб бихьинаб

  35. Бат1ул гьабизе - нахъч1вазе

  36. Бат1улаб - нахъч1вазе кколеб, гьересияб

  37. Бах1ри - къват1ул гьой

  38. Бахьи - талих1, иман ях1

  39. Бахьикъос - маг1на-г1ин гьеч1ев тарбия щвеч1ев чи

  40. Бахьинаб -хъах1аб

  41. Бача(Пача) - наккул цо бут1а

  42. Бег1 - куц

  43. Бегавул-администратор, севеталъул рпедседатель

  44. Бек1 - маргъал

  45. Берданка- Туманк1азул тайпа

  46. Бидаяб - г1арабияб тайпаялъул (чу)

  47. Бидг1ияб - ц1и баккараб

  48. Бижагъ- гьит1инаб г1ари

  49. Бизин - биччи, ц1алтин

  50. Билигъуд - т1ад лак биччараб ц1улал гъуд

  51. Билъина х1уби - гъоркьеб

  52. Бих1ин - биин, квен регьин

  53. Бокъун - г1емер хьвадун, мерхьун

  54. Борж - си

  55. Буг1а - хъал гьеч1еб бурч1ина

  56. Бугун - бут1а, кесек (гьанал)

  57. Бугъа- сверич1еб оц

  58. Булагьин -х1айваналъул гарбида лъолеб жо хадуб жо базе

  59. Бурбут1и-моц1о бугеб г1ерет1

  60. Бурулдег1ен-бихьинаб лъаг1ел бараб ц1ел жо

  61. Бурут1- ц1ел т1инч1

  62. Бурут1куй -2 сон бараб

  63. Бурут1куй -лъаг1ел бараб бихьинаб г1иялъажо

  64. Буххулнах - кьарияб гьан белъараб гьаг1у ц1оройдал, т1аде кколеб беэнлъи

  65. Бучдул- бакълъазда к1иго лъелчвахиялда гьоркьоб бак1

  66. Вapxla - намусгьеч1

  67. Вавади - мац1 бай

  68. Вазир- Министр, ханасул г1акълучи

  69. Вакин - вазин, вухи

  70. Вакъия - лъамалъиялъул роцен

  71. Варакъ - резил релъен

  72. Варис - ирсилав

  73. Вацг1ал - вацал яцазул лъимал двоюродный

  74. Вец1ц1ари - г1одун мarly т1ей

  75. Вира-вара - ч1анда, пайда гьеч1еб хабар .

  76. Воркьи - кьварун лъазаби, бадибч1вай гьаби

  77. Вугьин - квачан (ц1орон) хвей

  78. Г1аба - г1ат1идаб чухъа г1адаб бихьиназул т1асан рат1лил цо форма

  79. Г1аба - плащ

  80. Г1абил - г1анк1удал ханил, ц1улакьодул хъал

  81. Г1абук1 - т1ет1ели, лопух

  82. Г1авашлъи - лъай гьеч1олъи, жагьиллъи

  83. Г1авашхалкъ - г1адатияб халкь

  84. Г1аг1а - рак, хъублъи

  85. Г1агали - гурх1ел

  86. Г1агь - унти

  87. Г1адаб - г1адатияб гуреб

  88. Г1адаг1о - ц1акил гьабураб хъапидаса гьит1инаб

  89. Г1адалнах - бот1рол нах

  90. Г1адилаб - г1адлу бугеб

  91. Г1адхоч1 - махсароде кквей

  92. Г1ажиз - заг1ип

  93. Г1айинкъосин - кант1изавизе к1унгут1и

  94. Г1айналмалъад- Халкъалъул малакье ккаяб

  95. Г1аксахине - бат1айиса бук1ине, лъугьине

  96. Г1аларча - къинлъич1еб гогьаб чу

  97. Г1алачухъ - хабада лъолеб жанив ц1алдизе чи толеб рукъ

  98. Г1амг1ара - бот1рода лъугьараб гьор

  99. Г1амирк1о - маргьабалъ, шиг1рабалъ рехсолеб х1инч1

  100. Г1анаби- К1аркьаби

  101. Г1ангис - г1ундул къокъаб ц1ц1е

  102. Г1ангур - кафтарбац1, гиена

  103. Г1ангъура - бец1аб, гъваридаб гвенд

  104. Г1андалал - Гъуниб районалда ругел г1адамазул цо тайпа

  105. Г1анк1вач1имих- арбалет (хъундагъ бугеб чорбут1)

  106. Г1анкизе - барсизе

  107. Г1анкъра - ич1к1ал, г1ач1вара

  108. Г1анса - муг1рул х1анч1азул тайпа

  109. Г1ант1еро - гьабил алат

  110. Г1ант1ик1а - бухарит1агъур

  111. Г1анхва - рохьил х1инч1, глухарь

  112. Г1анч1аб - аваданаб

  113. Г1анч1аб - аваданаб, гогьаб

  114. Г1арахъ - харил к1удия гъуни

  115. Г1арбабаш-х1ат1икь т1амулеб квас буг1ун гьабураб

  116. Г1ари - г1арахъ

  117. Г1арч1 - нек1сиял г1адамаз рагьуе х1алт1изабулеб бук1араб, цебе х1ехьги толеб т1ил

  118. Г1асг1ас -дружинник

  119. Г1асру-100 сон

  120. Г1ахьуч1 - гьереси

  121. Г1ач1абакь хъарщи -атен бараб жоялда гъоркь лъолеб хъарщи

  122. Г1ач1аби- атен бараб г1орода гъоркье риччалел хъарщал

  123. Г1ач1ар г1ака -3 сон бараб

  124. Г1ач1ар -к1иго сон бараб ц1уяб х1айван

  125. Г1ач1ихине - ч1варкьизаризе (берал)

  126. Г1ебсакъот1 - хъухъадерабазул цо тайпа

  127. Г1ел- Милица

  128. Г1ибрат - мисал

  129. Г1иприт - жундузул хан

  130. Г1ордул- гьоркьоб нуси речизе к1иябгорахъалда лъолел жал

  131. Г1орто - 3 кг. Жанибе унеб ц1улал гьабураб роцен

  132. Г1уни - ч1ун хут1и; ц1орон хвей

  133. Г1унк1к1ит1ах1ур -к1иго лъаг1ел бараб къинлъич1еб

  134. Г1унцизе - кьунсрул рук1к1инаризе, гьумер бук1к1инабизе, къваридго вук1ине

  135. Г1урк1к1ен- х1оржо, лъаг1ел бараб чахъу

  136. Г1уч1алт1ам- гъуд-г1уч1 жаниб лъолеб къеда балеб алат

  137. ГaxI - ноц1

  138. Гажи - махсара гуреб, унго-унгояб жо

  139. Газаргъо -ч1имих реч1ч1улеб ч1орбут1

  140. Галан -Шулалъи

  141. Галифа т1ажу- мах1аби къваридаб т1аса г1ат1идаб бихьиназул т1ажу

  142. Ганзир - ч1ег1ераб мучари

  143. Гаржине - хъарсине

  144. Гари - гаргади, гара-ч1вари, к1алъай

  145. Гат1изе - хъат1изе

  146. Гвадар - турараб ц1ул

  147. Гванзаб -боц1улъ толеб сверич1еб бихьинаб х1айван

  148. Гванзго - г1емер цадахъго, ризго

  149. Гванзу - рик1к1адаб бак1

  150. Гванчаб - ч1урканго гьабич1еб

  151. Гелгеди - киса-кивго ваккари,

  152. Гелец1 -Ражи гьабулеб гел

  153. Гиди - релъанхъизаризе килщал шуршузе гьари

  154. Гилавка - 40 грамм

  155. Гиназ- Князь

  156. Гомоглъи - жаниблъи, расалъи

  157. Горен - ручун

  158. Гугьар - кунч1и

  159. Гуду -к1ат1азул тайпа

  160. Гужгат - бихьиназул т1асан рет1улеб бакьулъан къараб рет1ел

  161. Гумпара -г1арададул гула

  162. Гунглаяб - рек1инч1еб, гургинлъараб (бал)

  163. Гунзари- бекьун бижулеб лъим т1олеб раг1

  164. Гуржимачаял - т1адагьал мачуязул цо тайпа

  165. Гури - руккел

  166. Гъавгъа - ах1и-х1ур

  167. Гъагъадеро - лъелъерго хьухьараб хьупил гьегь

  168. Гъагьадиро - загьруяб хер

  169. Гъадиражи - г1алхун ражи, х1анку, соб,

  170. Гъалако - кат1ари, лепека

  171. Гъалдибер - х1амил кьили

  172. Гъалду - гьит1инаб нуц1а, ч1емг1а

  173. Гъализе - дал-далун бук1ине

  174. Гъаличу - подорожник

  175. Гъансито - ц1а бакулеб бак1

  176. Гъанц1и - рак1къай, нахъе к1анц1и

  177. Гъаплан ччуг1а - акула

  178. Гъапу - каву

  179. Гъапул - ургъел гьеч1ого тохго макьихараб х1ал

  180. Гъапулго - пикру гьеч1ого, ц1одорлъи гьабич1ого

  181. Гъара - т1аде к1анц1и

  182. Гъара - хъачагьлъи, талавур, хъамихъул гьаби

  183. Гъараваш - ч1ужуг1адан-лагь

  184. Гъаращ - уржуник, крыжовник

  185. Гъарзикъго - якъун теч1ого лъик1 хьихьизе

  186. Гъатахин - чанго гьат лъугьин

  187. Гъая - жагъаллъи

  188. Гъвакьалаимугъ -Т1ингъил тайпа

  189. Гъвалдар - г1анк1удал кьаралъи, т1ат1и

  190. Гъвалдар - хьванул т1ат1и бук1унеб бак1

  191. Гъвалтахъ- Чол кьилидал ц1ул гъалип, куц

  192. Гъванилаб - пашманаб, рак1 тирхич1еб

  193. Гъваркьи - гьаракь бахъунедухъ беки

  194. Гъвегъун - щущан

  195. Гъвел - мац1, каки, багьана ч1вай, г1айиб гьаби

  196. Гъвел- г1айиб

  197. Гъигъиди - зурзуди, гьардей

  198. Гъийин - зах1мат

  199. Гъин - г1азаб г1акъуба

  200. Гъини- рукъ бахунеб хъах1аб гамач1

  201. Гъугъаб - кутакаб гьаракь бахъунареб

  202. Гъулай - лъик1

  203. Гъулдул -гъвегъ гамач1 г1емерал

  204. Гъуруд - ц1оросаролъ гьурун, белъун гьабулеб квен

  205. Гьава -ч1ух1и,пахрулъи

  206. Гьаваяб - рокьул, г1ищкъул

  207. Гьагамагав - кутакалда мехтарав

  208. Гьад - лълъадири, липа

  209. Гьайбатлъи - берцинлъи, ч1урканлъи

  210. Гьайтабе- квер бакъеги

  211. Гьанарк1о- хьагиниса гьан бахъулеб жо

  212. Гьанга - пахьул хьагазул цо тайпа

  213. Гьанта - рах1ат

  214. Гьанч1валажо- гьан бухулеб жо

  215. Гьаржа - гьит1инаб гъамас

  216. Гьаршизе - шущазабун г1одобе базе

  217. Гьацаб - гьогьаб

  218. Гьачдезе - доре-гьанире рортанхъун

  219. Гьекди - х1ухьел ц1азе зах1малъун лъугьин

  220. Гьели - рилълъадул цо тайпа

  221. Гьет1нус - гъудал жаниса рахъизе гьабураб гурараб нус

  222. Гьижра - бат1ияб бак1алде гочин, вахъин

  223. Гьобоч1ик1 - рагьараб бак1алда бук1унеб х1ат1ал г1емераб х1апаро

  224. Гьодори - гъот1ол рухциялда жаниб ч1обогояб бак1

  225. Гьойлрахь - гьвел хер, молочай

  226. Гьоролгвенд - гьит1инаб хъарчигъа, итарк1о

  227. Гьохчизе - бахъун ч1езе (рас)

  228. Гьохъ - пурч1ина

  229. Гьунаркъвал - кьили чол чахьалде сверич1ого бук1ине къалеб къвал

  230. Гьунк1усида - бохдулги сук1ун (г1одов ч1езе)

  231. Гьункьа-к1учи - ч1инкьа-к1ит1и, рак1 разиго рук1ин

  232. Давагин - рас т1аде бахъич1еб халича

  233. Давар - такрар гьаби

  234. Дагъан - г1ер, гъот1оде рахине ч1валеб

  235. Дажик1 -харбуз

  236. Далак - парикмахер

  237. Далил - х1ужа

  238. Дангъура - хъатал ц1уруб

  239. Даптар- хъвай-хъваг1ай гьабулебт1ехь

  240. Дергело - къохьоллъарк1ач

  241. Дерец - т1егь

  242. Диванрукъ - суд гьабулеб рукъ

  243. Дият - чи лъукьарасухъа яги ч1варасухъа бидул х1акъ

  244. Дугъ-Чадир

  245. Дулагьал - мачуязда т1адехун мах1абазда рет1унел, ч1алаз рухьунел жал

  246. Дум - берцинаб халича г1адин бессараб турут

  247. Дурна - дурнаби, рик1к1ада бугебжо бихьулеб алат

  248. Жа- мехтулеб лъамалъи

  249. Жагьандаман - ц1акъго рик1к1адаб нилъ г1унт1улареб бак1

  250. Жагьилчи - хъвазе ц1ализе лъаларев

  251. Жагьлу - хъвазе-ц1ализе лъангут1и

  252. Жазму - гъаргъар щвей, х1ал хиси, сороди

  253. Жайран - рит1уч1

  254. Жалладал - г1ащт1ичаг1и, ч1вадарухъаби

  255. Жан - pyxl

  256. Жасус - шпион

  257. Жег1ола - берал к1алал гьарун релъанхъула

  258. Жен - щайт1ан

  259. Жини - ц1ул боц1улеб газа

  260. Жужай т1езе - х1арщул ч1абар лъухнаца лъулъазе

  261. Жулам - кизил

  262. Забулеб хер - шамсул хер

  263. Зайдан - хьаг, хъазан

  264. Закъум - загьру

  265. Замагалъи - херлъи, тату хвей

  266. Зангаял -чакмаязул мах1аби

  267. Зарбаб - нек1сияб хамил цо тайпа

  268. Зат -ч1аголъи пуланаб жо

  269. Зирхун - ц1акъго бац1адго гвангъун

  270. Зиярат - хирияб бак1кири щвезе хьуладда гьенире ин

  271. Зорбалъи - к1одолъи

  272. Зулмат - зулму, бец1лъи

  273. Зулт1изе - хъат1изе, квеш бук1ине

  274. Ижара - заманаялъе мухьдахъ х1алт1изабизе жо боси

  275. Икрам - г1одове къулун х1урмат гьаби

  276. Икъбал - бит1 ккей

  277. Икълим - цо вилаят, улка-ракь

  278. Иливаш - квешав чиясде хьамун абулеб раг1и

  279. Илчи - вит1унчи, чапар

  280. Имтих1ан - экзамен, х1албихьи

  281. Инкар -дандеч1ей

  282. Инкъилаб - революция

  283. Иргъахъ - вехьасул т1ил

  284. Иргъахъ- ц1ани кквезе х1алт1изабулеб халатаб г1аса

  285. Исбаг1ин- пальтода нахъа бук1унеб рачел

  286. Исбат - бит1араб бук1ин ч1езабулеб х1ужа

  287. Исиб - къват1иб, чияр ракьалда

  288. Исхъали - бищун лъик1аб сугъур, х1еренаб квасул бессараб

  289. Ици - ганч1ил т1урччи

  290. Ич1к1ал - рач1к1ич1

  291. К1алалъ бак1 - богорукъалъул квен гьабулеб бак1

  292. К1анцухъаб -ч1от1ол кьераб

  293. К1вагь - бихъараб т1егь

  294. К1вархухъ - т1варкъиялъухъ

  295. К1елден - басрияб нус

  296. К1ерело - х1алухъин пагьулеб т1аг1ел

  297. К1ибагьаб -3 сон бараб

  298. К1ибагьаб куй- 4 сон бараб

  299. Кабаб - надалда хъах1аб т1анк1 бугеб

  300. Кавсар - алжаналъубе чвахулеб ицц

  301. Кагьру - янтарь

  302. Капарат - рец1алие кьолеб, бикьулеб жо (динияб)

  303. Карабихине - гьалаглъизе, ццидахине

  304. Карамат - х1алк1олъи

  305. Карапин -ц1орол сурах1и

  306. Кармадан - носорог

  307. Кармаза - кваназе бегьулеб цо хер

  308. Карман - къокъа, караван

  309. Карман- т1ел къокъа

  310. Карц - цо чи т1амулеб туснахъ

  311. Касбу - иш-пиша

  312. Кат1ари -рас

  313. Кашиш - христианазул динияв бет1ер, килисаялъул цевехъан

  314. Квари- нуси гъункизабизе кьабулеб гьоркьо г1адаб жо

  315. Квархи- савок

  316. Квелъ -чангит

  317. Килас - нек1себ орден

  318. Кира - ижара

  319. Кирит - к1улал

  320. Кирхан - парча тайпаялъул ххам

  321. Кисма - зодихъ т1ибит1араб бакъул кунч1и

  322. Кури(квари) - халича бессулелъул раца хьвадизе, кун рук1алиде бачине х1алт1изабулеб алат

  323. Кусма - квасул хут1а-к1учи

  324. Къабих1 - инжит

  325. Къавм - г1адамазул къокъа

  326. Къади -судияв

  327. Къадираби - руччабазул гурдида берцинлъиялъе ралел жал

  328. Къажарал - иранал, персал

  329. Къайсар - пача, къирал, парччах1

  330. Къалант1ар- къалмал лъолеб жо

  331. Къалу -къохьол таргьа, къвалакь балеб сумка

  332. Къамарт1ав - берцинго рет1а-къарав ч1урканав

  333. Къапила- г1адамазул къокъа

  334. Къаралал - ч1арада районалъул г1адамал

  335. Къвал бери -

  336. Къванк1 - борхалъи

  337. Къел - даг1ба,-кьец; диал. - гьекъел

  338. Къирал -падишагь, парччах1

  339. Къирал-парччах1

  340. Къо асс бугев - раг1и билъарав, бечедав, бажари бугев

  341. Къоб - бакъул унти

  342. Къолден - рагъухъабазул хвалчаца къот1улареб рет1ел

  343. Къоно - руччабазул габуниб балеб украшение

  344. Къонот1ам -рахай

  345. Къулаг1и - хъураб х1айваналъул, г1иял кьаркъала

  346. Къулден - доспехал, маххул горде

  347. Кьег1ер- ихдал гьабураб

  348. Кьегъвен -полка

  349. Кьенч1ер- хасало гьабураб

  350. Кьилихъан - гьит1инаб гьегь

  351. Кьин т1амизе - хасел т1амизе

  352. Кьох - ролъ бац1ад гьабун нахъе ч1вараб жо

  353. Кьохорхо - щущадеро

  354. Кьухил бусен- кьох жаниб буг1ун гьабураб босен

  355. Кьухъураб - т1уцаб, къокъаб

  356. Лал т1ами -т1оралдаса ролъ бат1а гьаби

  357. Лемаг -къенлъизе г1араб г1иялжо

  358. Лимх1и - г1айиб ккеч1еб ххвел гьаби

  359. Лулби -оцазда хадубги бан т1оразда т1ад сверизе гьарулел ц1улал хъарщал

  360. Лумияб - ц1одораб

  361. Лъабг1ин - трилистник, клевер

  362. Лъаг1ри- г1одоблъи, лъараг1лъи

  363. Лъалъикь бак1 - гьабил раква бук1унеб бак1

  364. Лъамамесед - ртуть

  365. Лъами - отсечение, срезка

  366. Лъарако - трясогузка (х1инч1)

  367. Лъарах1инч1 - синица

  368. Лъварт1и - терпкость, вяжущий вкус

  369. Лъелехь - г1орда т1ад лъедон бач1унеб ц1ер

  370. Лъелехь - т1ере-бек1к1енаб ц1ул

  371. Лъех - набивка копыт

  372. Лъехьел - заноза

  373. Лъидир - ч1аг1а г1адаб гьекъолеб жо

  374. Лъугьур - потолочный настил (лъугьур т1ибит1изе)

  375. Лъухун -х1арщул ч1абар лъулъалеб къохьол кесек

  376. Лъухъаб - низкий

  377. Магъриб - бакъ т1ерхьул рахъ

  378. Магъущ - г1ак1а ах1улев чи

  379. Мажбикь - к1иго цунаг1алзабазул лъимал четвероюродный

  380. Майган - баян

  381. Макьач1ахули- саглил т1асеб рахъ, к1удияб воротник

  382. Мал - буголъи бечелъи

  383. Маул х1аят - рух1 лъулеб лъим

  384. Махлукъ- миллат, халкъ

  385. Махлукъат - халкъул г1алам

  386. Маххало - халича гъункизабизе кунада к1ут1улеб т1аг1ел

  387. Махълаяб- бец1баг1араб мухъахараб

  388. Мач1у - ц1а бакизе х1алт1изабулеб хасаб гамач1

  389. Машрикъ - бакъ баккул рахъ

  390. Мехел - сордо къо 24 саг1ат

  391. Меч1 - боц1и хьихьулеб г1алах

  392. Мик1ис - квасул кесек

  393. Микки -ч1алдадаги х1ободаги гьоркьоб лъолеб жо

  394. Миндар -гъоркь лъолеб къандалъо

  395. Мугъурхьу - ракулъ, ц1улалъ бук1унеб бицатаб х1апаро

  396. Муд - ц1айийалъул роцен

  397. Мулк -улка-ракь, кверщел т1ад бугеб бак1

  398. Мумажник1 - г1арац лъолеб бухча

  399. Мух1ут1и -

  400. Мучари- ц1ороса ролъил хандал гьабулеб чед

  401. Нaтlyxl - халва

  402. Наг1адала - отрицание, запирательство (т1ирун ч1ей)

  403. Наг1ли - баргъич курхьеналда лъолеб хирияб гамач1алда г1аммаб ц1ар

  404. Надир-редко (нагагь-надир)

  405. Назру-торжественное обещание, дар

  406. Назук - халатккараб чед

  407. Назукаб - овальный, тонкий, утонченный

  408. Найиц1ибил - изюм

  409. Накку -лал т1амун т1аде ккараб жо

  410. Наку -нусидал ара-ахада ч1валеб г1ер

  411. Накъира - музыкалияб алат (труба)

  412. Накъит - гара-ч1вари

  413. Накълу - переписка

  414. Налбек - блюдце, блюдечко

  415. Напакъа - цогидав чи хьихьизе кьолеб сурсат

  416. Напас - запал (чуязул унти)

  417. Напс - личность

  418. Наргиз - нарцисс

  419. Нат1 - локоть (около 50 см)

  420. Нат1их1-годовалый теленок

  421. Нах1саб (насаб) - гадкий, подлый (нах1саб г1амал)

  422. Нахукъ - безмозглый

  423. Нахъахел- кун бикьизабизе гьоркьосан холеб г1ер

  424. Нахълъи - ослабление, облегчение

  425. Нахърател - запас

  426. Нежех1аб - наглый (нич гьеч1еб)

  427. Неца (ник1к1) - овод, слепень

  428. Нилъ -хуриса ролъ къот1изе х1алт1изабулеб цабиругеб хъандиро

  429. Нукар -ханасул иш т1убалев божарав чи

  430. Нусиреч -нуси речулаго г1амбал жанире рехулеб алат

  431. Нухи - руно (квас)

  432. Нуц1а къоно -цебесеб тумбочка г1адинаб жо

  433. Нуцал - хундерил хан

  434. Отар -росу, свери

  435. Охолиса - ихдал

  436. Оц -бихьинаб

  437. Пайтон - ч1ух1изабураб чуязул гьоко

  438. Пампа -Квас-квас

  439. Панар - фонар ц1орол чирахъ

  440. Пашмакъал - ц1улал т1окъби рарал хьитал

  441. Перело - маххул къебедасул ц1а рек1инабулеб алат

  442. Пинта -г1алхул чан

  443. Пуд - 16 килоялда бащадаб ц1айи борцунеб роцен

  444. Пурсат- санаг1алъи, рес

  445. Пурчч - зеленый лук. 2. красный перец

  446. Пурщина - пирог (нисдал, гьанал, хъабхъил ва гь.ц.)

  447. Пухдеро - ц1улал т1аг1ел т1асан хъваг1леб, бит1изабулеб алат

  448. Пухъна (ч1укна) - трутень

  449. Раг1ият - поданные

  450. Рагьеракъел (нуси)- атен бай

  451. Разин (вухи) - избиение

  452. Раккури - пар (с/х)

  453. Ракьула (зоол.) - медведка

  454. Ракьхъен - половина туши, половина тела

  455. Ралъаргъин - поддразнивание, раздражение

  456. расандизе, гогьдаризе

  457. Рат1ал - мера веса - 2,5 кг

  458. Рател - имущество, состояние, владение

  459. Рати -бытие, существование, находка

  460. Рах1мат- милосердие

  461. Рах1му - гурх1ел

  462. Раххан - лопата, совок ц1улал бел

  463. Рахълъен - жанибе лъамалъи т1олеб къохьол раг1(къвач1а)

  464. Рахъубикь - пятиюродный брат

  465. Рахъухъирщ - домосед, обыватель

  466. Рахьан - свита

  467. Рахьбоси - течка (у животных)

  468. Рахьи - благожелательность

  469. Рац1ц1унисах1ет1е - голеностопный сустав

  470. Раца -т1ад кун кьурараб нусида жанисан бахъулеб г1уч1

  471. Раци - сенокос, луг

  472. Рач - наковальня

  473. Рек1еда - налъуда, къарзалъ

  474. Рекъен- нусида атен базе ч1валеб гьит1инаб г1ер

  475. Речч -табачный отвар, никотин, налет (в мундштуке)

  476. Реччей-дрожжи

  477. Ригьнак1о - сват, сводник

  478. Рижаликълъи -бесплодность

  479. Рижаражал - фурункулы

  480. Ризиллага- лопатка

  481. Ризин - намокание,.промокание

  482. Ризкъи -пропитание, продукты питания

  483. Рик1к1 - квасцы

  484. Рикьу- бащдаб къали

  485. Рит1и- мина рукъалда данд бит1араб бак1

  486. Рих1ин - оттаивание

  487. Рищни - мелкая мякина, полова

  488. Рияъ - лицемерие, ханжество

  489. Роргьине - подходить, подойти, подниматься

  490. Рорин - горение без пламени, тление

  491. Рорчине -надевать, надеть

  492. Росахин - неуравновешенность

  493. Росулнак1к1 - быстро несущееся облако

  494. Рохен - квартал

  495. Рохкилищ - мизинец

  496. Рохокъот1и - бедро

  497. Рохти - ствол дерева

  498. Роцелаби - туманк1ул хер жанибеги бан каранда ралел рук1арал жал

  499. Рочен - загон

  500. Ругънахер - подорожник (гьаличу, щек1т1амах)

  501. Ругьин -распряжка, вьшряжение. замерзание, окоченение, холод

  502. Руссун - стойло, ясли, кормушка

  503. Рух1ел - нетерпение, волнение

  504. Рухса - разрешение, дозволение

  505. Ручуххин - карт1ал рахъулеб жо

  506. Сагула - гъоркьа цо т1адехунса к1иго гъат бугеб т1имугъ

  507. Сак -Кьодул кьуч1

  508. Сак1вахъалиян - тамако жанибеги бан т1асан ц1а лъун бух1улеб хъалиян

  509. Салах1- лъик1лъи

  510. Сан -адаб, г1адахъ боси

  511. Сарагин- свакан, гьалгъан хут1и

  512. Сибил - бок1он

  513. Сибилалда- бок1оналда

  514. Сивак - цаби рац1унеб алат

  515. Сирру- балъголъи,

  516. Сиях1 - тартибалда хъварал ц1арал

  517. Соно- гранат

  518. Сугъур- нек1о бессулеб бук1араб хъач1аб ххам

  519. Сумало -Квас жаниб лъолеб жо

  520. Сундус - хирияб хамил ц1ар

  521. Сурагъур-т1агъразул тйпа

  522. Сурдул(цурдул) - ч1вараб квасул гарал

  523. Сурпа- кванил тепси, т1ут1, кванил свери

  524. Сурсат - буголъи

  525. Сух1мат - ихтилат кеп

  526. Сухъмахъ нух - ч1едераб нух

  527. Т1абак1- гъадаро

  528. Т1абиб - тохтур врач

  529. Т1абут1ин- туризе г1агарлъи

  530. Т1аг1ат - дин гьаби

  531. Т1аг1ун - къавуда (чума)

  532. Т1алиб - ц1алдохъан, мутаг1ил

  533. Т1вайи- цагърил бут1а

  534. Т1енкел - х1амил мугъ ц1унизе т1мулеб миндар

  535. Т1епун- можк1к1ун ч1ей

  536. Т1упан - муг1рул щобал т1ерхьараб лъим

  537. Т1уцаб - къокъаб, лъухъаб

  538. Тавадахъ - къункъра

  539. Тавуш- ц1ар ин

  540. Тавхан- къадалъ гьабураб ц1а бакулеб бак1 (камин)

  541. Таж -ханасул т1агъур

  542. Талавур - гъара гьабун давла бахъи

  543. Тартиб - ч1езабураб низам

  544. Тах - тамахаб ч1ух1араб бак1

  545. Терек - расен накъищ

  546. Топ - г1арада

  547. Убурав - бахилав, сих1ирав, барахщарав

  548. Удаман - г1ухьбузул к1удияв

  549. Ужра -мухь

  550. Укъбинахьитал - укъби рарал хьитал

  551. Умурал - буюрухъал, пишаби

  552. Ургу -босен

  553. Урду - решт1ен, чадрал ч1ван аскар ч1араб бак1

  554. Уххи -хъазан-хьаг

  555. Х1абашияв - неграв

  556. Х1ажилакълакъ - къункъра

  557. Х1анч1ик1ила - х1атид ч1имих хъурщун гьабулеб расанди

  558. Х1ая - адаб, нич, намус

  559. Х1ебт1и- Т1уба-гъубан ин

  560. Х1ехь -къотен гудур(?)

  561. Х1ужрарукъ- кабинет

  562. Х1урият - эркенлъи

  563. Хадеро - ахьал къач1азе, гьел хазе, тамах гьаризе х1алт1изабулеб алат

  564. Хамалаг - х1айваналъул къулаг1и бич1ун т1ибит1араб жо

  565. Ханха -кун цоцалъа бич1изабизе т1ад бахъулеб ц1улал нус

  566. Харанги - рохци бит1араб гъвет1

  567. Хат1а - г1айиб

  568. Хвалчен- бессулеб кун гъункизабизе кьабулеб алат

  569. Херх - къехь к1век1изе х1алт1изабулеб алат

  570. Хилап- дандеккун гурт1и

  571. Хоч1 - къвариг1ел гьеч1еб хабар

  572. Хулжал -к1ирек1араб таргьа гъажалде яги х1амиде рехулеб

  573. Хух -г1иял т1инч1

  574. Хъабало- руччабазул байрамияб горде

  575. Хъабарча- т1имугъ

  576. Хъирмал- тумакал

  577. Хъумуз - маххул ч1ваби рараб лъараг1 пандур

  578. Хъундагъ - тунк1ил нахъияб рахъ

  579. Хьварц1ил хьитал

  580. Хьонбак1 -тахбак1

  581. Ц1аг1ел -мач1уялда к1ут1улеб чарам

  582. Ц1аха -гъоркь т1амулеб ц1аказул турут

  583. Ц1илигун бакъвараб- ц1акъго бакъвараб

  584. Ц1об - гурх1ел

  585. Цагъур - т1орщел жаниб ц1унулеб ц1улал ц1араг1

  586. Цалхун - ццим бахъун

  587. Цанха - тамако балеб гьит1инаб таргьа

  588. Цунаг1ал - вацг1ал яцг1алзабазул лъимал троюродный

  589. Ч1арадизе - хуриса ч1ар бет1изе

  590. Ч1еп -гьит1инаб гьегь

  591. Ч1ех1 -милица

  592. Ч1инч1у- к1ат1и

  593. Ч1ук1на - х1инкъуч ц1ек1ер

  594. Ч1урту -бет1ералда ч1валеб к1ат1и

  595. Ч1ух1би- бегавуласул кумекчаг1и, судиял

  596. Чабудай - ц1акъаб сорталъул бац1ц1адаб ч1ах1ияб ролъ

  597. Чалараб - биун араб

  598. Чалараб - биун араб чапараб

  599. Чарухъал -чакмаби

  600. Чахъма туманк1 - мач1у к1ут1ун кьвагьулеб туманк1

  601. Чахъу -г1иялжо

  602. Четеро -нусидал рагье-ракъел гьабизе х1алт1изабулеб жо

  603. Чили - ганч1аздасан чвахун унеб лъим бугеб бак1

  604. Чит - к1аланч1ад, квас квасул ххам

  605. Читбир - к1удеб шишай

  606. Чохт1о- руччабаз бет1ералда ххолеб торба г1адаб жо

  607. Чурапал -шватаби

  608. Чухъа- т1ад рет1улеб жо

  609. Ччимат1ах1ур -лъаг1елгин башдалда х1орлъараб

  610. Ччин -лъаг1ел бараб ц1е

  611. Шаршав - къеда балеб жо

  612. Швалта - к1удеб нус

  613. Шебетал -ботинкаби

  614. Шелбетал - хьитал

  615. Шигат -хьаг

  616. Шупрай- гъалип, куц

  617. Шура- гьанжесеб Буйнакск

  618. Щаг1ил сурк1а -шаг1ил ц1араг1

  619. Щак1у -сурат

  620. Щалай -лъар, г1оралъ г1унизабун бач1араб к1к1абат1

  621. Щокърокквел -атен бадулеб мехалъ гьоркьоб ккулеб г1уч1

  622. Ябагъи - ихдал къунц1араб квас

  623. Якъия - лъамалъиялъул роцен

22


© 2010-2022