Куч1дул. Автор Ризалова Айшат Ризаловна ученица 11 класса

Раздел Другое
Класс 11 класс
Тип Конспекты
Автор
Дата
Формат doc
Изображения Нет
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

Дир гьудул.


  1. Къват!ахъ сверулаго

Дандч!вана дида

Бакъараб,унтараб

Чар-чараб кету.


  1. Бегизе гьабуна

Печалда цебе.

Дару гьабун дица

Гьеб сах гьабуна.


  1. Рахь, гьан кьун

Дица гьеб кваназабуна

Кват!ич!ого нижер

Гьудуллъи ккана.


  1. «Мурка» - абун дица

Гьелъий ц!ар кьуна

Кийе дун аниги

Хадуб бач!уна.


  1. Гьедин ана нижер

Гьале к!иго къо

Батич!о цо къоялъ

Дида гьаб рокъоб.


  1. Тирана, сверана

Дун гьелда хадуй

Гьороб лъураб харда

Бегун батана


  1. Киг!ан ах!даниги

Аск!об бач!инч!о

Дун г!агарде щвейгун

Т!епун бегана


  1. Дун лъик! ялагьидал

Гьелъул хьалбида

Ункъо гьит!инаб т!инч!

Буго батулеб


  1. Квасул гарал г!адал

Тамахал т!анч!и

Дица хатинир лъун

Рокъор рачана.



Ризалова Г!айшат Ризаловна.

7 класс.



Ч!ух!араб х!елеко.


  1. Нижер азбаралда

Чараб х!елеко

Рогьалего бахъун

Тира-сверула


  1. Г!амал к!одочилан

Ц!ар щвараб гьалда

Ракьалда цох!о жиб

Бугилан ккола.


  1. Чияраб х!елеко

Къавулъ бач!индал

Хехаб ч!ор киннигин

Реч!ч!ула гьелда.


  1. Гьалъ х!анк!уязеги

Гьабула г!адлу

Жидей бокьухъе гьел

Кинго толаро


  1. Нагагь азбаралда

Лъимал рач!ани

Хадуб бекерун гьел

Т!уризарула.


Ризалова Г!айшат Ризаловна.

6 класс.

Г!исинал гьалбал.


  1. Рещт!ана хасалихълъи

Дир Хьиндахъ росулъ.

Хисана т!огьилалъ

Г!урччинаб т!анса.


  1. Хасалихълъи щвейгун

Рак! пашманлъана.

Сверухълъи т!убанго,

Ч!обоголъана.


  1. Дагьлъана берцинал,

Х!анч!азул бакънал.

Ана гьел рик!к!аде,

Нилъги тун роржун.


  1. Г!урччинлъи т!аг!ингун,

Гьава квачайгун.

Бухьана гьез сапар,

Хинаб югалде.


  1. Дир г!исинал, гьалбал

Гьари нужеда,

Т!аде их бач!ингун,

Рач!а, нижехъе.


  1. Нужер бакъназ г!умру,

Берцин гьабула

Нижер гьал рак!азулъ,

Хинлъи рещт!уна.

Ризалова Г!айшат Ризаловна.

7 класс

Дир ах.


  1. Дир рукъалда цебе

Пихъил ах буго

Камураб пихъ гьениб

Нагагьги гьеч!о.


  1. Т!аде их бач!ингун

Гъут!би т!егьайгун

Т!огьол квац!уда гьеб

Релълъун бук!уна.


  1. Рииялъ их хисун

Хусула гъут!би

Т!угьдузул бак!алда

Т!ад пихъ бижула.


  1. Ах берцин гьабула

Т!егьарал т!угьдуз

Ах ч!аго гьабула

Х!анч!азул бакъназ.


  1. Щола хасалихълъи

Бак!арула пихъ

Х!анч!и роржун уна.

Т!егь-хер бакъвала.


  1. Т!амхал г!одоре гъун

Гъут!би г!иц!лъула

Пашманго хут!ула

Дир гъаримаб ах.

Ризалова Г!айшат Ризаловна.

7 класс.

Школалде.


  1. Нижер г!агараб школа к!иабилеб рукъ

Анц1ила цо соналъ ниж лъадарулеб

Т!оцебесеб ц!умур, т!оц!ебесеб класс,

Кидаго рак!алда хут!ила нижер.


  1. Нижер т!оцеесей учительница,

Эбелалъ киннигин ниж реэдарай,

Г!акъилал дарсалги, малъа-хъваялги,

Г!умруялъул нухда нижгун хут!ила.


  1. Киналниги нижер учительзаби,

Ниж мекъи ккаралъур хьолбохъ ратарал.

Канлъи-лъай г!уц!изе квер бакъаралъухъ

Нужей наку ч!вала, бет!ер къулула.


  1. Нижер к!ит!алаяб, к!удияб школа.

Даим бергьенлъаби гьарула дуе.

Учительзабазе гьарула сахлъи.

Ц!ия-ц!иял г!елал даим куцазе.



Ризалова Г!айшат Ризаловна.

7 класс.

Дир гьит!инаб Ват!ан - гьаб Хьиндахъ росу.

1. Ясли-ахалда дун хьвадулеб мехалъ,

Дур Ват!ан щибилан гьалбаз гьикъидал

Дир г!агараб Хьиндахъ росу бугилан

Гьабулаан дица гьезие жаваб.

2. Дир гьит!инаб Ват!ан - гьаб Хьиндахъ росу,

Дун жаний гьаюраб, к!удияй г!ураб.

Кьурабазда гьоркьоб дир т!огьол квац!и

Дие мун бокьула г!агараб росу.

3. Дун жаний ц!алулеб росдал гьаб школа,

Дир дол умумуца жиндий кьуч! лъураб

Дица дур ц!ар даим борхатго квела.

Мисалияйлъун дун даим хьвадила.

4. Рач!арал гьалбазул х!урмат ц!ик!к!арал

Ругодай г!адамал дир росулъ г!адал

Ясалги берцинаб, васал гьайбатаб

Мун г!адаб хирияб гьеч!о дие бак!.



Ризалова Г!айшат Ризаловна.

7 класс.

Хириял х!анч!и.


  1. Щибаб соналъ рагьдухъ хасел рещт!идал,

Рах!ат хвей бач!уна гьазул рак!азулъ

Халатаб, свакараб санайил сапар

Бухьизе кколелъул хинаб югалде.


  1. Дир г!исинал гьалбал, хириял х!анч!и

Нуж гьеч!ого дир рак! ч!обого буго

Сардал къоял хисун, хасел нахъе ун,

Нахъеги роржина ихгун нуж дихъе.


  1. Мина сверун ругел, пихъил гъут!бузда,

Нахъеги рещт!ина, къокъаби гьарун.

Нужер ч!иргъи-хъуялъ, берцинал бакъназ,

Ёрч!изе гьайила дун макьидаса.



Ризалова Г!айшат Ризаловна.

8 класс.


Эбелалде.


  1. Эбел, дир рек!ел т!егь даиммаб ч!ух!и

Зодиб бакъудаса хинлъи ц!ик!к!арай

Къаси моц!родаса кунч!и гвангъарай

Даим ч!аго тайги, бичас дие мун.


  1. Дун гьаб г!умруялда яхъинайизе

Чан сордо рорч!араб бер къанщич!ого

Нагагь дун унтидал, дир къандай к!усун

Чан бух!араб маг!у бадиса араб.


  1. Дий дуниял кьурай, г!умруги кьурай

Чорхол рух!алдаса йокьула мун дий

Дур х!еренаб калам, кверазул хинлъи

Киехун кканиги дунгун рук!ина.


  1. Дур х!ухьелалъ гурей дун хинлъуларо

Дур кваница гуреб дир х!ал х!оларо.

Дур каламалъ гуреб дир рак! гъоларо.

Хут!айги мун даим АЛЛАГЬАС дие.



Ризалова Г!айшат Ризаловна.

9 класс.

Дир росу.


  1. Дир хирияб росу, г!азизаб росу

Бокьула мун дие, дир рек!ел ч!ух!и

Т!абиг!ат берцинаб, г!адамал лъик!аб

Бокьула мун дие гьит!инаб Ват!ан.


  1. Дун жаний гьаюраб, йижараб, г!ураб

Дие мун бокьула, дир Хьиндахъ росу

Сверун муг!руз ккурал, гьайбатал ахал

Кибниги бугодай, дир г!адаб росу.


  1. Росдал цо рахъалда бугеб кьурда т!ад

Паракъат кьижарай Меседо йиго.

Гьелда данде вуссун цояб рахъалада

Г!елъухъ рокьи ккарав г!иявехь вуго.


  1. Гьезул къисматалъул, кутакаб рокьул

Бицана нижее росдал хъарабаз.

Къаси моц!рол канлъухъ гьезухъ бер ккедал

Ч!аголъун рач!уна нилъеда цере.


  1. Росу берцинлъизе цояб рахъалда

Чваула гьалагаб къаралазул г!ор

Маг!арухъ рии щун росдалго васал

Г1урухъ рекерула рек!елгъеялъе.


Ризалова Г!айшат Ризаловна.

9 класс.


© 2010-2022