Ц1алдохъабазул х1алт1и. Газета Милъиршо

Раздел Другое
Класс 7 класс
Тип Другие методич. материалы
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Есть
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

МилъиршоЦ1алдохъабазул х1алт1и. Газета Милъиршо.

Дагьал церег1ан къоязда нижер школалда т1орит1ана каратэялъул рахъалъ къецал.

Гьел къецазда г1ахьаллъи гьабуна нижер школалъул ц1алдохъабаз.Нижер 7 классалдаса цере рахъана Гъазилов Гъазил ва Мух1амадов Шамил. Баркула г1олел спортсменазда,гьезул эбел-инсуда, школалъул учительзабазда,тренерасда гьеб бергьенлъи.Гьарула гьезие хадубккунги спорталъулъ бергьенлъаби,г1умруялъулъ талих1 ва чорхое сахлъи.

7 классалъул ц1алдохъаби.

Авар адабияталъул дарсал нижее ц1акъ рокьула. Араб дарсида нижеца ц1алана Ф.Г1алиевалъул «Маг1арулазул нус» абураб поэма.Кутакалда бокьана нижее гьеб поэма.Гьеб поэмаялдаса нижеца х1адурлъана гьит1инабго сценка Анналги(Шуг1айнат) Шамилилги дандч1ваялъул лах1зат.

«Ах1ея гьаний Анна,

Цо гьелдаги гьикъилин». -Гьаб муг1рул улкаялъул

-Гьале мун йиччайилан Ц1ар раг1арав цевехъан,

Чапар вач1ун инсухъан. Цох1о абураб раг1и

Аз духъ меседгун г1арац Т1олго боялъе г1олев,

Г1емераб кьолеб буго. Анкьалъ цеве дидаса

Дидани ккун бук1ана Пашманав чи вук1инч1о,

Гьал нижер муг1рул к1к1алал Гьабсаг1аталъ дидаса

Меседил ц1уралдаса Талих1ав щивго гьеч1о…

Ц1ик1к1унин дур къиматан.

Гьудуллъиялъ г1адамал талих1аллъун гьарула.

Дие гьудуллъи бищунго к1вар бугеблъун ккола,щайгурелъул гьеб раг1иялъ нилъер цоцаздехун гурх1ел-рах1му,божилъи ц1ик1к1инабула .

Гьудуллъи гьеч1они,дунял бук1ине бук1ана хъач1аб,квешлъи г1емераб.Нижер классалъул ц1алдохъаби руго цоцазул адаб гьабизе лъалел,ч1ах1иязул къадру-къимат лъалел.Нижеца киназдаго гьудул-гьалмагъзаби,классцоялилан абула.Цоцазда ниж берцинго к1алъала,хъач1ал раг1аби абуларо.Гьудулзаби ц1унизе ккола.Гьел ратула нилъеда къварилъиялдаги разилъиялдаги.Лъик1ав гьудуласул рук1ине ккола лъик1ал хасияталги,гьев вук1ине ккола рак1 рагьарав,квешабги лъик1абги лъалев.»Цевесев гьудулго лъик1 нусго ц1иясдаса»,-ян абураб кициялъ нилъеда г1емераб жо бицуна. Гьудуллъи бижула школалда,гьелъие мустах1икъал лъун нилъги рук1ине ккола.

Г1умарова П. 7 кл.

Ц1алдохъабазул х1алт1и. Газета Милъиршо.

Дир гьудул.

Щивав чиясул вук1ине ккола гьудул. Дие лъик1 буго. Дир йиго гьудул, гьелда ц1ар буго Пат1имат. Пат1имат йиго лъик1ай, ц1одорай яс ва лъик1ай гьудул. Дие бокьун буго гьелъул х1акъалъулъ бицине. Пат1иматил буго 13 сон. Гьей дунгун цадахъ ц1алулей йиго. Пат1иматил буго к1удияб рас, к1удияб рагьараб нодо, берцинал, т1улакьерал. Гьелъухъ балагьараб мехалда, нилъеда ккола жаниса гвангъарал, лъик1ал,ч1агоял,разиял берал ругин.

Г1амалалда рокъон гьей йиго х1еренай, х1алимай,рак1рагьарай. Пат1иматида к1ола рахчине нижер балъголъаби ва дица кидаго рицуна гьелда дирго балъголъаби.Дир гьудулалъда кидаго ратула къвариг1арал раг1аби ккараб бак1алда х1алт1изаризе. Пат1имат ц1акъ ях1 бахъулей яс йиго.

Дир гьудулалъ рукъ бак1арула, квен гьабула, гъадаро-х1еч чурула. Пат1имат йиго ц1ализе лъик1ай мисалияй ц1алдохъан. Гьелъие бокьун буго гьит1инал лъималазул врачлъун яхъизе. Г1исиналги ч1ах1иялги киналго рокьула Пат1иматие. Хъач1аб раг1и киданиги абуларо. Дица гьелъие гьарула сахлъи, рохел, ц1алулъ бергьенлъаби, халатаб г1умру.

Шамсудинова Х. 7 кл.

Ц1алдохъабазул х1алт1и. Газета Милъиршо.

Бицанк1о.

1.Т1асан ц1улалаб, жанисан гьаналаб (иник)

2.Щай гъалбац1алъ бежич1еб

гьан кваналеб (гъалбац1ида гьан бежизе лъаларо)

Байсугъурова А. 7кл.


© 2010-2022