Байрам Рахьдал мац1-инсанасул хазина

Раздел Другое
Класс 10 класс
Тип Другие методич. материалы
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Нет
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

21 февраль-рахьдал мац1алъул къо.

Рахьдал мац1 к1одо гьабун т1обит1улеб байрамалъул сценарий.

Сцена къач1ан бук1ина тематикалда рекъон. Ц1адаса Х1амзатил, Расул Х1амзатовасул,Инхоса Г1алих1ажиевасул,Муса Мух1амадовасул,Фазу Г!алиевалъул,Г1абдулмажид Хачаловасул,Мух1амад Ах1мадовасул суратал. Мац1алъул х1акъалъулъ баянал.

Рамазанова Зайнаб

-Ассаламу г1алайкум хириял ц1алдохъаби,муг1алимзаби ва т1аде рач1арал гьалбал.Баркула нужеда «Рахьдал мац1алъул къо». Щибаб соналда,21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула гьаб байрам. Кьейги киназего чорхое сахлъи,талих1,рохел ва халатаб г1умру. Ц1уне хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Мац1 гьеч1они,гьеч1о миллат! Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

Г1исаева Пат1имат.

Нилъ ккола маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дагъистаналда ругел 30-г1анасел мац1азда гъорлъ маг1арул мац1 бицунел г1адамазул къадар бищунго ц1ик1к1араб буго. Гьезул г1ага-шагарго 800000 г1анасев чи вуго. Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел халкъазул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан гьеб бикь-бикьун, бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго. Ц1уне,хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Дунялалда т1ад бищун берцинаб мац1!

Коч1олаб саламгун цере рахъунел руго 7,9 классалъул ц1алдохъаби.







Дибирова Амина.

Маг1арулазулги Дагъистаналъулги талих1 буго Расул Х1амзатов,Фазу Г1алиева,Инхоса Г1алих1ажияв,Ц1адаса Х1амзат,Муса Мух1амадов г1адал хъвадарухъаби,шаг1ирзаби дунялалда т1ад рахъин.Гьел ккола унго-унго маг1арул мац1ги,ц1арги,ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.

Расулица хъвалеб буго:

-Мац1 лъач1ого,гьабич1ого гьаб дунял.

Раг1и бук1инч1ебани дунял гьадинаб бук1инароан.

Мац1 лъач1ого,кеч1 гьаби, лъим лъач1ого,г1урулъе лъугьин буго.

Мусаева Хадижат.

Щивасул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги буго.Дир мац1-гьеб маг1арул мац1 буго. Гьеб дие бокьула.Бокьула гьит1инаб халкъалъул г1агараб мац1.Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб г1адаб жо.

Мац1 чияс т1абиг1ат ц1унулеб г1адин ,ц1унизе ккола.

Лъаларо, Мух1амад,цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

Раг1и кьола 8 кл.ц1алдохъабазе. (Ц1.Х!амзатица жалакьурисев вухараб куц)





Рамазанова Зайнаб.

Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз

Маг1арул мац1алда маг1арул росулъ.

Босана дица гьеб дидаго цадахъ

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.

Г1исаева Пат1имат.

Дица авар мац1алъ ах1ана сарин,

Сири базабуна гьелъ дир черхалда.

Черх щиб жо? Чархида ккуна раг1аби,

Маг1арул мац1алъул ц1а пирхиледухъ.

Раг1и кьола 5,6,7 абилел кл.ц1алдохъабазе.(куч1дул ц1алиялъул къецц)

Г1исаева Пат1имат.

Маг1арулазул калам, аваразул музыка.

Кирехун щвананиги, бокьулеб куц раг1изе.

Маг1арул мац1 лъалезе, гьеб мац1алъул пасих1лъи.

Маг1арухъ рижаразе гьеб мац1алъул гьуинлъи.

Рамазанова Зайнаб.

Мах1мудил пасих1лъи, гьесул х1асралъи,

Бидулъ къаламги ччун,гьарурал куч1дул,

Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ киниги,

Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о.

Раг1и кьола 11 кл.ясазе. (Кеч1 ах1изе «Рахьдал мац1»)

Г1исаева Пат1имат.

Дир т1алъи, дир муг1рул,дида гьикъич1о,

Кив гьавизе дуе бокьилебилан;

Мац1 малъулеб мехалъ дида ц1ехеч1о,

Кинаб халкъалъул мац1 дуе кьелебан.

Рамазанова Зайнаб.

Ц1умаз бусен лъолеб кьурул сверабалъ

Кьуна дие г1умру дунял гьабизе.

Кьурдасан риччалел гьарчазул г1адаб,

Малъана авар мац1 куч1дул ах1изе.

Раг1и кьола г1исинал классазул ц1алдохъабазе.Къабул гьаре.









Дибирова Амина.

Т1олабго Дагъистаналъулго г1адин,маг1арулазулги буго бечедаб тарих. Маг1арулазул ч1ух1и-Шамил имам.Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразде данде рагъана маг1арулал Кавказалъул рагъул соназ.

Гьаниб щибаб росулъ, росабийищ гьал-

Хасаб г1адат буго, хасаб мац1 буго.

Гъунибги,Хунзахъги,Г1андибги,Ч1охъги,

Г1аламат, жидерго бакъан-кеч1 буго.

Амма кив щваниги, намусги ях1ги,

Рух1алдаса цебе гьабулеб буго.

Гьалмагъасе г1оло маян рух1 кьезе

Маг1арул г1адамал х1адурал руго.

Мусаева Хадижат.

Жиндирго Ват1аналъе г1оло Генуса Шамилица гьабураб къеркьеялъул ц1ар т1ибит1ана дунялалда т1адго. 25 соналъ багъана Дагъистаналъул халкъ Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь. «Эркенлъи, ялъуни хвел!»-гьеле Шамилил рагъухъабазул гьа.

Т1ок1аб жо к1варич1о, Ах1улгох1алда

Имам Шамил щиван ц1ехе цо нухалъ.

Цинги бокьанани, хвалчада гьикъе

Хъах1аб чалма ккурав чиясул хабар… Р.Х1.

Имам Шамилилги Шуг1айнатилги(Анна) дандч1вай. Раг1и кьола 10 кл.ц1алдохъабазе.



Х1ай. «Лъалищ нужеда?»

1.Гьаб коч1ода ц1ар щиб,ва лъица гьаб кеч1 хъвараб?

Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани, дир лъималахъ?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидирго гъаст1а?! (Р.Х1. «Авар мац1»)

2.Гьаб хабаралда ц1ар щиб? Автор щив?

Ихдалил хинаб къо бук1ана. Ахирисеб ц1урмил сас росдада т1адго т1ибит1ун ана.Г1абасица, журналги цебе босун,ц1алул соналъул х1асилал гьаруна… («Хазина» Г1арип Расулов)

3.Гьаб коч1ода ц1ар бице.

-Хъощгелди,багьадур, вегьаравго лъик1!

Вугьун холев вугин,хинлъизе вилълъа!

Мун г1адав веццула дица цевехъан,

Цадахъ бо гьеч1ого, мунго вач1унев! («Хочбар»)

4.Элдариласулги Хочбарилги г1умруялъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб? Кинаб рахъалъ гьел цоцада релълъарал ругел?

5.Гьаб коч1ол куплет лъуг1изабе.

Хунзахъ конторалда кагъат раг1ула,

Бач1араб почалда хабар раг1ула,

6.Коч1ода ц1ар бице,лъица гьаб хъвараб?

Анжиялде щвана,Щураса рахъун,

Щибаб рагъул низам лъазе гьабуна.

Зурма-къалиялъул къаг1ида ккана,

Къач1а-к1ат1аялъул т1абиг1ат лъана. (Инхелоса Къ. «Наибзаби х1елун)

7.Гьаб басня лъуг1изабе.

Бух1араб бакъул къоялъ

8.Маг1арулазул бищун цеве романал хъварав хъвадарухъан. (Муса М.)

9.Р.Х1амзатовасул т1оцебе къват1ибе биччараб т1ехьалда ц1ар

(«Х1асратаб рокьиги боркьараб ццинги)

10.Кина-кинаб бук1унеб литература?

11.Ц1адаса Х1амзат жул босизе киве ун вук1арав? (Жалакьурив)

12.Нек1о заманалда маг1арулал кире хьвадулел рук1арал?

13.Гьал лъил раг1аби кколел?

-Дур инсуца дун ,гьит1инав чи, гьанже мун г1адин, вач1ун гьанивегун, хъамун вук1ана Унсоколове…

14.Мук1уч1иханасул васазда цараца кинал ц1арал лъунин абулеб бук1араб?

( «К1алт1убахъ», «Бакьхен», «Т1аг1ин»)

15.Гьаб коч1ол куплет лъуг1изабе.

Дида лъала эбел цо йик1унейлъи

16.Жив мекъи вук1ин бич1ч1индал, муг1рузул Г1алица кинал раг1аби абурал ахиралда?

-Вай, Аллагь,дир Аллагь,дир гьагаб бет1ер,

Дие гуребани дуца гьаб кьураб.

Мац1ал гьаруразул мац1ал рахъайги,

Мац1ид божарав дир бет1ер бакъвайги.

Г1исаева Пат1имат.

Рахьдал мац1 бокьич1есе

Ват1ан бокьи щакаб жо

Элъул адаб танани,

Талих1дай насиблъулеб?

Муг1рузул курмуздасан

Каркарун чвахун унел

Чабхил иццазул гугьар

Буго нилъер рахьдал мац1.

Рамазанова Зайнаб.

Нилъ ургьирго угьараб

Улбузул х1ухьеллъидал

Кинидаго раг1араб

Маг1арул каламлъидал

Рахьдал мац1илан абун

Ц1арги лъун бугеблъидал

Бегьилищ адаб рехун

Гьеб лъаларилан ч1езе?

Раг1и кьола 10 кл.ц1алдохъабазе. (Сценка Ц1.Х1. «Эбел,яс ва базарган.»)



Г1исаева Пат1имат.

Дида абунани,гьаб дунялалада

Гьанже мун ц1идасан гьавизе вугин,

Ц1ар ч1ван бищебилан дуй бокьараб бак1,

Рак1алъе хирияб кеч1 ах1изе мац1.

Рамазанова Зайнаб.

Дица жаваб кьела кьурул сиязул

Добго росулъ гьаве гьанжеги дунан

Дир маг1арулазул г1агараб мац1алъ

Гьадабго кеч1 ах1и кинидахъ диян.

Коч1олаб саламгун къабул гьаре нижер ясал.







Дибирова Амина.

Маг1арулал ч1ух1ула жидерго г1алимзабаздасаги,маданияталъул ва жамг1иял х1аракатчаг1аздасаги,шаг1ирзабаздасаги.Нилъеррайоналдасаги руго авар мац1 цебет1езабурал,цебет1езабулел шаг1ирзаби ва хъвадарухъаби. Г1абдулмажид Хачалов,Мух1амад Хуршилов,Нурмух1амад Абих1асанов,Багъатар Х1ажиев,Демешев Х1ажи,Ругъжаса Элдарилав,Мух1амад Г1алиев,Тубх1ат Зургьалова,Мух1амад Ах1мадов,Г1анхил Марин ваг гь.ц. Гьел ккола нилъер ч1ух1и!

Мусаева Хадижат.

Огь, дир маг1аруллъи дир г1агараб ракь,

Дур багьадуразул гьунар лебаллъи-

Тушбабаца бут1рул къот1ананиги

Къисас босич1ого г1одор кколарел.

Раг1и кьола 9 кл.ц1алдохъабазе. (Сценка Г1. Маринил к1ал букъи)

Презентация «Маг1арул юбилярал»

Кеч1 «Маг1арулал»















© 2010-2022