Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи, хирияй эбел

Раздел Другое
Класс 8 класс
Тип Другие методич. материалы
Автор
Дата
Формат docx
Изображения Есть
For-Teacher.ru - все для учителя
Поделитесь с коллегами:

Эбелалъул къо к1одо гьабун

т1обит1улеб байрамалъул

сценарЭбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.ий.

Эбелалъул къо-гьеб ккола халкъазда гьоркьосеб улбузул х1урматалда к1одо гьабулеб байрам.Бат1и-бат1иял улкабазда бат1и-бат1иял къояз к1одо гьабула гьеб байрам.Россиялдайин абуни «Эбелалъул къо» к1одо гьабизе байбихьана 1998 соналдаса нахъе ноябрь моц1алъул ахираб г1одобкъоялда.

Эбел,унго, гьеб раг1ул гъварилъи,къвак1и, къох1ехьей.Бугебдай эбелалъ х1ехьоларебги, гьелда бихьуларебги жо дунялалда.

Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.



Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ

Гьит1инлъун т1аг1араб дур т1алабаца?

Дуда эбелалъул угьи раг1анищ,

Гьаб дуниял ц1ураб, ц1илал соролеб?

Эбелалъул гьумер… Гьеч1о дунялалда гьебг1ан гвангъараб,гьайбатаб,берцинаб сурат.Зах1матал лах1затазда гьеб сипат цебе т1амуни, т1аг1уна чиясул чорхолъа свакги,ццинги, хъач1лъиги, хъант1иги.Гьелъул бак1 ккола сабруялъ, сахаватлъиялъ, рах1му-ц1обалъ. Гьеб заманалда эркенлъула квешал къасдаздаса, къвариг1ел гьеч1еб жах1да-х1усудалдаса.

Лъимер каранде къалей

Эбел г1адин г1акъилаб,

Г1умру кида бук1инеб

Гьаб нилъер ракьалда?

Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.

Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.

Эбелалъул кверал… Гьез бежараб чадил т1аг1ам т1убараб г1умруялъ лъуг1уларо лъимадул мац1алдаса.Эбелалъ бот1рода бахъараб квералъул х1еренлъиги хинлъиги хут1ула херлъараб мехалъги чиясул рак1алде щвеязулъ. Гьел хъах1ал,недегьал квераз к1ик1уна лъимадул кини.

Цинги гьезго г1уц1ула г1умру лъимадуй.

Керен кьун хьихьаралъухъ,

Кини к1ибик1аралъухъ,

Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.Киналго т1алабазухъ,

Баркала, баба, дуе!

Кинида лъимер лъураб къоялдаса байбихьун эбелалъ васазе ах1ула г1аданлъиги бах1арчилъиги гъорлъ бессарал, зах1маталде рокьи бижизабулеб, гьел куцалел,рит1ухъаллъун рахъине квербакъи гьабулел куч1дул. Рицуна г1ажаибал, бат1и-бат1иял маргьаби.Гьелъги батила маг1арул росабалъ лебалал,къвак1арал,къо х1ехьезе бажари бугел васал г1ун рач1унел.

Кинида лъурай ясалъе эбелалъ ах1ула яс х1еренай лъугьине, меседг1ан яц1ц1адай йик1ине, вацазулги инсулги адаб бугей яхъине, ч1ах1иязе кидаго кумекалъе щолейлъун яхъине куч1дул. Эбелалъул х1акъалъулъ кеч1 хъвач1ев шаг1ир ватиларо дунялалда т1ад.Киналго шаг1ирзабаз ах1улел руго улбул ц1унизе,гьел рокьизе,гьел рази гьаризе.

Киг1ан г1акъилав,киг1ан машгьурав чи мун лъугьаниги, к1очонге,дур бит1ккеязулъ дур бергьенлъабазулъ эбелалъ лъураб бут1аги бук1ин.

Нилъеца абула эбел-Ват1анин.Ват1анги эбелги цо гурони рук1унареблъи лъаларев чи щивха ватилев. Цогидаз кидаго гьел хисулареблъиги лъалелъул щивав инсанасда, гьит1инасдаги,к1удиясдаги.

Нилъеца гьа бала эбелалъул ц1ар бахъун.Гьеб бук1уна бищунго щулияб гьа.Щивав чи х1адур вук1уна эбелалъул къадруги ват1аналъул эркенлъиги ц1унун г1мру кьезе.Эбелалдехун бугеб бербалагьиялъухъ хал гьабун, гьеб борцун борхула чиясул къадру.

Бице, эбел- Ват1ан,

Бице Дагъистан,

Мун разияб гьеч1ищ

Дур васасдаса….

Гьедин хъвана Расул Х1. Бищунго цебе эбелги ват1анги рехсола чияс.Гьел к1одогьаруралг1ан живго к1одолъулевлъи лъан. Гьел разилъанаг1ан живго вохизе бич1ч1ун, гьел бечелъанаг1ан живго лъик1 вук1уневлъи лъан.

Лъимер унтизег1ан жийго унтизе х1адурай, жийго якъун лъимер хьихьизе къач1арай, гьелъие г1оло г1умруялъ х1алт1улей,х1еренай,х1алимай, лъик1ай йиго щивасул эбел. Ц1уне,лъимал, нужеца улбул! Эбелалъул х1ат1икь батулин нужее алжан!

Васал ч1ах1алъидал ц1ик1к1ун гурони,

Дагьлъуларо, эбел, ургъелал дуе.

Ясал г1емерлъидал бак1лъун гурони

Бигьалъуларо магь мугъалда бараб.

Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.



Х1еренаб бачунеб бакъаналда гъоркь ведущиялъ

рик1к1ина.

Баркула киназдаго т1аде щвараб «Эбелалъул къо!»

Бадрудинова Г1.

«Баба»-гьеб раг1и г1адаб гьуинаб гьоц1о жеги

Гьанжелъизег1ан найица т1угьдуздаса босич1о.

«Баба»-гьеб раг1и г1адаб гъварилъи камилаб х1ор

Кавказалда жегиги лъиданиги батич1о.

Багьавудинова Дж.

«Баба»-гьеб раг1и г1адаб борхатаб муг1рул т1огьиб

Т1авап гьабизе жеги цониги ц1ум боржич1о.

«Баба»-гьеб раг1и г1адаб раг1ад к1удияб гъот1окь

Х1алхьи гьабизе жеги нухлулав г1одов ч1еч1о.

Г1алиева Н.

«Баба»-гьеб раг1и г1адаб т1ок1к1араб ва т1аг1амаб

Иццухъа лъим гьекъезе лъицаниги к1ал ч1вач1о.

«Баба»-гьеб раг1и г1адаб сахаватаб квер жеги

Кумекалъе лъицаго лъихъениги бегьич1о.



Х1асанх1усейнов М.

Ракъдалаб ракьалъе ц1ад г1адай,эбел

Бец1аб сардилъ моц1 г1адай,эбел

Хасало бух1араб бакъ г1адай,эбел

Къвариг1ун йиго мун кидаго нижей.

Унго-унголъунги эбел кидаго х1ажатай йиго нилъее, йик1инч1ейани гьаб байрам ургъилароан бук1араб, цойги нухалъ ч1ужуг1адан-эбел к1одо гьайизе.

Дибиров Г1.

Эбелалъул раг1иялде, гьелъул берзул балагьиялде, гьелъул х1еренлъиялде данде лъолеб жо щибго гьеч1о дунялалда.

Т1ину гьеч1еб ралъад эбел-дур рокьи

Г1урхъи гьеч1еб авлахъ-дур рек1ел хинлъи.

Свин гьеч1еб буго нижей-дур бух1и

Ахир гьеч1еб буго нижей дур лъик1лъи.

Мух1амадов Т.

Дир гьаб г1умруялъе маяклъун ч1арай,

Йокьула дие мун, хирияй эбел!

Дун сабаблъун дуца сардал рорч1ана,

Каранде дунги къан,аххги бачана.

Вакъизе виччач1о, квачазе теч1о.

Квен-т1ехалда жанив жагъалги теч1о

Дица дуе, эбел, гьеб киналъухъго

Бет1ер къулун, дица баркала кьола.

Мирзоев М.

Эбелалде кеч1 хъвазе кидаго х1адур вуго,

Гьелъул бицун к1алъазе пагьму г1урабги буго.

Г1асрабаз х1урмат гьабун, ратарал гьал улбузе

Унго, бук1унеб гъира гъасда гьейгун к1алъазе.

Киназго цадахъ рик1к1ила.

Мун йиго нижее зодил моц1гун ц1ва,

Мун йиго нижее рогьалил макьу.

Ракьулъан баккулеб чабхил иццул лъим,

Мун йиго нижее ихдалил г1идра.

Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.

Эбелалъул щуго яс. (сценка)

Г1ахьалчаг1ии:

Ведущая-Камилова Пат1имат.

Эбел-Г1исаева Аят.

Ясал:Багьавудинова Джанета,Бадрудинова Г1айшат,Г1алиева Наида,Мусаева Мадина,Идрисова Зарема.

Ведущая-Камилова Пат1имат.

-Цо нухалъ эбел шагьаралде ун йик1ун йиго.Анкьидасан гьей т1адюссанила.Эбел жание лъугьун яхъиналде, жалго гьелъухъ ч1алг1ун рук1араб куцалъул бицине лъугьанила ясал.

Багьавудинова Д.

-Бакъул ч1оразухъ, чабхъил т1егь г1адин, урхъун йик1ана дун духъе,баба!

Эбел.

-Вай, дир хирадай,яс.

Бадрудинова Г1.

-Баба, бакъвараб ракь ц1адахъ г1адин, урхъун йик1ана дун,эбел!

Эбел.

-Дир месед,дунги урхъун йик1ана.

Г1алиева Н.

-Эбелалъ рехун тараб х1анч1ил т1инч1 г1адин, г1одулей йик1ана, эбел.дун! (г1оданила гьей)

Идрисова З.

-Вай, дир эбел, т1огьоде ине гьукъараб най г1адин, йик1ана дун мунги гьеч1ого. (щуранила гьелъ)

Ведущая.

-Бищунго гьит1инай ясалъ щибго жо абич1ила. Гьелъ эбелалдаса мачуял рахъанила, х1ат1ал чуризе лъел ц1ураб гулгунги т1арсги босун бач1анила, цинги кваназе квен цебе лъунила. Яс эбелалда къочанила.

Эбел.

-Гьалеха,ясал,нужедасаги ц1акъ бищунго Мадина урхъун йик1ун йиго дихъе. Нужер цонигиялда рак1алде ккеч1о дир мачуял рахъизе,дида гьикъаризе.

Киназго цадахъ абула: Т1аса лъугьа,эбел!

Г1алиева Наида.

-Эбел гьеч1еб къо-къваридаб сухъмахъ,

Гьей аск1ой гьеч1они, ч1амуч1аб г1умру,

Дур насих1атазги г1акълу- лъаялъги

Куркьбал гъуна дида, хирияй эбел!

Ц1уне,ц1уне,ц1уне-эбел киназго!

Гьалдалъун нилъер дандеруссин лъуг1ана. Баркала нужее нижехъ балагьаралухъ ва г1енеккаралъухъ. Киназего сахлъи, рохел, талих1 ва ракълилаб,халатаб г1умру! .

Эбел-инсуе квешлъуге, лъимал, нужеего квешлъизе гурин.

Умумузул адаб тарас халкъалъул нусц1ул тола.

Ц1уне, хириял лъимал, нужеца улбул!

Эбелалъул къо Сунаро дур канлъи,хирияй эбел.







© 2010-2022